Новость на родном

ЖамгIияталъул масъалаби журналистазулгун дандрана

12 январалда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов данд чIвана республикаялъул журналисталгун.   Байбихьуда гьес гьезда баркана 13 январалда Россиялда кIодо гьабулеб печаталъул къо. Бицана жамгIияталъул гIумруялъулъ журналистазул хIалтIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Хасго гьанже, пандемиялъул заманалда, якъинго бихьулеб бугин абуна гьеб (цIияб унтудаса хIинкъараб халкъ бихха-хочичIого букIиналъе, вирусалъул ва гьелда данде чIун тIалъиялъ гьабулеб хIалтIул...

Новость на родном

Къварилъиялъ цолъизаруна ва къвакIизаруна

ЦIияб соналда цебе нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгIиябги гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватIир ругел цо-цо миллатцоязулгун. Кинаблъун нужеда ракIалда чIараб 2020 сон абураб суалалда тIасан ккана нижер хабарги.   Хизри Абакаров, ДРялъул Пача­лихъияв секретарь: — Нилъее киназего 2020 сон кута­калда захIматаб, хIалуцараб букIана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъ­го бетIергьанаб щибаб жоялъул къи­мат...

Новость на родном

Байрамалда — байрам, хIалтIуда — хIалтIи

Инсанасул гIумруялъе коммуналиял шартIазул (газ, ток, хинаб ва цIорораб лъим ва гь. ц.) бугеб кIваралъул бицинего ккеларо. Гъварид­го жанире раккани, гьеб ккола кIудияб ва гIатIидаб суал. Гьеб суалал­да хурхун нижеца гара—чIвари гьабуна ДРялъул «Госжилинспекция» гIуцIиялъул отделалъул начальник МухIамад МахIмудовасулгун.     -МухIамад, Ралел бакIазул министерствоялъ ва нужер ин­спекциялъ тIуралел хъулухъазда гьоркьоб кIудияб батIалъи бу­гищ? —...

Новость на родном

ЦIулада кьабураб накъищалъулъ бахчараб гIасру

Унсоколоса МухIамадгIали МухIамадгIалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кIиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацIазул къоялъул хIурматалда тIобитIулеб фестивалалда. Жинцаго хIадур гьарурал ансадерил машгьурал цIулал тIагIел-алаталги цере тIиритIун ватун вукIана гьев. Доб мехалъ, гьитIинабго кIалъайги ккун, лъугIун букIана нижер бухьенги.Исана гьев вачIана «ХIакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутIун гьечIин, кан бакун...

Новость на родном

«Авар мацI лъангутIи ками буго дий»

Амина Шахтаманова:   Цебе гьунар бугев чи редакциялъе тIатунаан газеталда рахъизе гьез рачIарал асараздасан. Гьанже гьел гIемериселго рагьула жамгIиял гьиназул гIатIилъухъ. Гьениб бигьаго букIуна ватIавахъизе гIакъилабги гьодорабги рагIул чи.   Фейсбукалъ тIатинаюна нижее, Дагъистаналъул адабияталда машгьураб фамилиялъул яс, Амина Шахтаманова. КучIдулги, ритIухълъи цIехолел жиндирго бегIерал пикрабиги, жакъасеб къоялъул захIмалъабиги Аминаца рагьула гIурус мацIалда. ГIумархIажи Шахтамановасул...

Новость на родном

ЦIияб хIукуматги цIиял тIалабалги

29 декабралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас тасдикъ гьабуна цIияб хIукумат.   ХIукуматалъул нухмалъулесул тIоцересел заместителаллъун тIамуна Нюсрет ГIумаровги Батир Эмеевги. Нюсрет ГIумаров хIалтIулев вукIана республикаялъул нухмалъулесул ва хIукуматалъул администрациялда.   Батир Эмеев — республикаялъул промышленносталъул министрасул ишал тIуралевлъун. Анатолий Карибовги, Владимир Лемешкоги, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги, Муслим Телякавовги, Рамазан Жафаровги рукIарабго хъулухъалда — хIукуматалъул нухмалъулесул...

Новость на родном

ЛъикIаб букIинеселде божилъигун

Бегана нилъер тарихалъул цоги тIамач. Нуха регIана 2020 сон. 100 сон тIубана Дагъистаналъе автономия лъазабуралдаса. Росабалъ рана цIиял школал ва лъималазул ахал. Республикаялда гIемерго дагьлъана рахьдал мацIалги хIажалъуларин, нилъер адабиятгун маданиятги къваригIун гьечIин ахIдолезул гьаркьал.     Лъалаго цIикIкIана Дагъистанал­де рачIунел гьалбадерил, туриста­зул къадарги. Дагъистан ккана Рос­сиялдаго туризм хехго цебетIолеб республикалъун. Хисана республикаялъул нухмалъулел. Дагъистаналъул...

Новость на родном

Редакторасул калам

МагIарул районазул нухмалъулезда ракI-ракIалъ баркула тIаде щвараб 2021 сон. Баракатаб ва икъбалаб батаги нужее ва нужеца нухмалъи гьабулел районазул жамагIатазе ЦIияб сон. Ассаламу гIалайкум, хIурматиял магIарулал! Гьале ахиралде щвана кигIанги бакIаб, рекIкIаб, рикIкIен гIемерал гIадамазул лъикIалщинал пикраби­гун къасдал рукъараб, гъанкъараб сон. ГIумруялдаса ватIалъана аза- азар чи — дир инсудаса байбихьун, дунялалдаго машгьурав тренер ГIабдулманап НурмухIамадовасде щвезегIан....

Новость на родном

Баракатаб батаги!

Исана 15 сон тIубана машгьурав гIалимчи Шамил ГIалиевасул цIар цо планетаялъе кьуралдаса.   Гьелъул хIакъалъулъ бицинеги ЦIияб сон баркизеги ниж дандчIвана Шамилгун.     Гьес ракIалде щвезабуна жиндирго лъимерлъи, гIолохъанлъи, гIагараб росулъ араб гIумру, росдал гIадамал. Ва хадуб гьес тIолалго магIарулазе гьабуна гьадинал гьара-рахьиялги.   — ТIоцебесеб иргаялда, дица магIарулазе гьарула талихI. Щиб жо кколеб...

Новость на родном

Солдатасул кагъат

                                                                                                             ...