Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тIобитIана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гIахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хIалтIухъабаз ва тарихчагIаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гIахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гIелмияй хIалтIухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гIасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букIараб къагIидаялъул хIакъалъулъ. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари. — Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букIарабали...

