«Муслиматалда» батараб хинлъи

 

 

   Гьал къоязда, тIаде щолеб бугеб хирияб Рамазан моцIги баркизе, гьелъул хиралъиялъулгун кIваралъулги бицине «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби гьоболлъухъ ахIун рукIана «Муслимат» руччабазул жамгIияб гIуцIиялъ. Гьенире щведал, жиндиего хасаб гугьар бугеб гьимигун нижеда дандчIвай гьабуна гьеб идараялъе гIемерал соназ нухмалъи гьабулей йигей Хадижат ШихгIалиевалъ.

   «Муслиматалда» цебе бугеб «РухIияб берцинлъиялъул школалда» цIалулел ясазул, руччабазул кумекалдалъун лъикIаб гьоболлъиги гьабуна нижее «муслиматалъулаз».

   Хирияб Рамазан моцIалъул хIурматалда букIараб гьеб дандчIваялда нур базабун букIана хIафиз, ТIелекьа ТIалхIатов ГIумарасхIабицаги, «Нурул ислам» газеталъул редактор, гIалимчи МухIамад ХIажиевасги. Гьез нижер суалазе жавабалги кьуна.

   Гьединго нижеца гьитIинабго «сапар» бухьана «Муслиматалъул» хIикматазул цIураб хIайранаб дунялалдеги.

    Нилъерго гъалатIазе мукIурлъиги, гьел ритIизаризе къуват гIейги, дунялалда ругелгIан мехалда, гьеб берцин гьабизе ккейги – гьеб кинабго ракIалде щвана «Муслиматалда» рукIаго. РухIдаллъизе бачIана Хадижатидаги гьенир лъай босулел ясаздаги. Гьале дол – гIумруялъул кьеразе нур кьолел цоги кьерал. Гьал кьерал кьерукълъани, рухIияб берцинлъиялда кьаву чIвала. Гьелда кьаву чIвангутIиялъе гьабулеб гьарзаяб хIалтIиялда баракат лъейги.

   «Муслимат» руччабазул жамгIияб гIуцIиялъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ нижеца цебеги бицун букIана ва гьениб тIоритIулел тадбираздаги гIахьаллъи гьабуна. Динцоязе кидаго рагьаралго рукIуна гьезул нуцIби.

    Ниж, ай редакциялъул хIалтIухъаби, иргадулаб нухалдаги гьезухъе щвараб мехалда, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас, газеталъулгун бугеб бухьеналъухъги, ясазе рухIияб тарбия кьеялъулъ лъолеб бугеб кIудияб бутIаялъухъги, жамгIияб хIаракатчилъиялъухъги ХIурматалъул грамотаги кьуна Хадижат ШихгIалиевалъе. Гьелъ нижееги сайгъат гьаруна «Нурул ислам» газеталъул хIаракаталдалъун М. ХIажиевас къватIибе биччараб «Исследование сокровенных тайн сердца» абураб Абу ХIамид аль-Гъазалиясул гIурус мацIалде руссинарурал тIахьал.

 

   Руччаби-гIалимзаби хIажат руго

 

    «Муслимат» — руччабазда исламияб гIелму малъулеб, тIадегIанаб лъаялъул мугIалимзаби къватIире риччалеб цIалул идаралъун лъугьинабизе ракIалда букIана нижеда, — ян бицана Х. ШихгIалиевалъ. — Гьанир цIалун динияб лъай щварал руччабаз бачIунеб гIелалъул ясаздаги гIелму малъилин абураб хьулги букIана. РакIалда букIахъе гIицIго исламиял гIелмабазда тIадчIезе рес ккечIо. Гьеб анищ тIубачIо, ясал жанир рукIине общежитие гьечIолъиялъги.

    Нилъер республикаялда исламиял гIелмабазда тIадчIарал, шаргIиял хIукмаби гъваридго лъалел руччаби къанагIат гурони дандчIваларо. Дица цIех-рех гьабуна гьединал руччабазул хIакъалъулъ. КIиго чIужугIаданалъул хIакъалъулъ гурони баянал щвечIо. «ХIакъикъат» газеталда батана ШагIбан-къадил ясалъул хIакъалъулъ хъвараб макъала. Инсуца малъун буго гьелда исламияб гIелму. Гьединго республикаялъул архивалдаги батун букIана исламияб лъай щварай цо гIаданалъул хIакъалъулъ.

    Хадуб хIукму ккана бачIунеб гIелалъе динияб тарбия кьолел ясал куцазе «РухIияб берцинлъиялъул школа» гIуцIизе. Гьаниб ясазда Къуръанги, фикъгьиги, рукIа-рахъине кколеб къагIидаги, берцинлъиялъул ва сахлъиялъул балъголъабиги, медицинаги, богогьанлъиги, рукъариги ва цогидалги, ай чIужугIаданалъе чара гьечIого хIажатал, лъазе кколел жал малъула. Нижер «РухIияб берцинлъиялъул школалдаса» къватIире риччала исламияб лъайги бугел, лъикIаб тарбияги щварал рукIинесел улбул».

   «Муслиматалда» хIафизалги куцала КIудияб асар гьабуна нижее гIалимчи, хIафиз ГIумарасхIаб ТIалхIатовасулгун ккараб гарачIвариялъги. Гьал къоязда къватIибе биччана ГIумарасхIабица гIарабалдаса магӀарул мацIалде буссинабураб ва тIадежураял гьарун хъвараб «КIиябго рукъалъул талихI» абураб тIехь. Гьеб тIехь буго нилъер адабияталда букIинчIеб, цIакъ къваригIараб, чара гьечIого щивав бусурманчиясул рокъоб букIине рекъараб тIехь. Гьелъ жанире рачун руго гIемерал пайдаби, лъикIлъаби, хиралъаби ва гьединго берцинал тIабигIатазде халкъ ахIулеб гIелму. Гьениб бицунеб буго ризкъи гIатIилъиялъе хIалтIизарулел нухазул, къиямасеб къо чIеялъул гIаламатазул, паризаял ва суннатал каказул, хириял къоязул хIакъалъулъ. ТIехьалда баян гьабулеб буго дунялалда ва ахираталда талихIаллъун рукIиналъе, балагьал нахъчIваялъе, жужахIалъул цIаялдаса хвасарлъиялъе гьарулел гIамалазул хIакъалъулъ. Имам ХIубайшиясул тIехьалдаса магIарул мацIалде буссинабуралда тIадеги, гIадатиял гIадамазда бичIчIулеб куцалда шархI гьабун буго ГI. ТIалхIатовас. Нижееги сайгъат гьабуна гьеб пайдабазул цӀураб тIехь.

   11 соналъ Сириялдаги цӀалун тӀадвуссарав ГӀумарасхӀабица тахшагьаралъул мадрасабазда чанго соназ дарсал кьолел руго. «Муслиматалъул» цIалдохъабазе Къуръан рекIехъе лъазабиялъул дарсалги лъола гьес.

    Диниял руччабазул рукIел, шайих СагIид-апанди чанго нухалда гьоболльухъ вачӀараб «Муслиматалъул» минаялда рекIее парахалъиги, гIодобе биччайги халлъана нижеда. Гьениб бугеб гIадлу-низамги, берцинлъиги, диналде бугеб рокьиги бихьарав СагIид-апандица (къ.с.) Хадижатида абунги буго: «Гьадинал бакIал Дагъистаналъул щибаб росулъ рагьизе бокьилаан дие», — ян абун. Байбихьудаса нахъе шайихасги гьесул лъади Узлипат-хIажиялъги насихIатал, малъа-хъваял гьарулаан жамгIияб гIуцIиялъул руччабазе.

 

     Канлъукъазда Къуръан цIализе малъула

 

      Дин цебетIеялъеги чIужугIаданалъул гIумру лъикIлъиялъеги гьенир тIоритIулел тадбиразул ва данделъабазул бицана Хадижат ШихгIалиевалъ. ГIицIго тахшагьаралда гуребги, батIи-батIиял шагьараздагун районазда рагьарал «Муслиматалъул» филиалазги рухIияб тарбия кьун куцана гIемерал руччаби.

     Гьенир цIалулел руго канлъукъал ва гIинда бакIал ясалги. Брайлил къагIидаялъ хъвараб Къуръан цIаларал ясал республика тун къватIир тIоритIулел конкурсаздаги гIахьаллъулин бицана Хадижат-хIажиялъ. Ингушетия республикаялда канлъукъазда гьоркьоб тIобитIараб «Къуръан цIалиялъул» къецалда тIоцебесеб бакI ккурай «Муслиматалъул» цIалдохъаналда киналго тамашалъун хутӀун рукIанинги бицана гьелъ. Нилъер республикаялда гьединаб лъай кьолеб бакI, хасго жамгIияб идара букIинги нилъ рохизе ккараб хIужа гьечIищха.

    «РухIияб берцинлъиялъул школалъул» ва жакъа Дагъистаналъул руччабазул рухIияб рахъалъул бицана нижее Х. ШихгIалиевалъ. Хъизан-лъимал хьихьизе, гьезие тарбия кьезе ккани исламиябги светиябги лъай щвезе кколин, гьединлъидал чIужугIадан кинабго рахъалъ цеетIурай йикIине кколин рикIкIуна гьелъ.

    «Муслиматалъ» щибаб бащдаб лъагӀалие гӀуцӀула ва къватӀибе биччала руччабазе хасаб исламияб календарьги, батӀи-батӀиял игӀланалги, кантӀизариялги. Исламалда чӀужугӀаданалда лъазе тӀадал жалги, дугӀабиги, хӀадисалги, кантӀизарулеб каламги, назмабиги, рукӀарахъиналъулъ пайдаял малъа-хъваялги данде гьарун рукӀуна календаразда. Пандемия сабаблъун исана календарь къватӀибе биччан бажаричӀо.

     Гьединго «Муслимат» гӀуцӀиялъ байбихьун букӀана «Нижер аманат» абураб лъималазул журнал къватӀибе биччазеги. ГӀарцул рахъалъ рес рекъечӀого гьеб биччазе ихтияр цогидазухъе кьезе ккана.

 

    «Эбелалъул хIатIикь буго алжан»

 

     «Муслимат» жамгIияб гIуцIиялъул минаялда жаниб чIвараб игIланалда хъван руго «Эбелалъул хIатIикь буго алжан» абурал рагIаби. Гьебги бугин ккола бусурбабазул руччабазул гIуцIиялъул чIужугIаданалъул къимат борхизабиялъул мурадалда гьабураб ахIи. «Муслиматалъ» гIахьаллъи гьабула рухIияб рахъалъ республикаялъул гIаммал суалал тIураялъулъги. ЧIужугIадан-эбелалда хъатIичIого хутIуларо жамгIияталда кколел ругел лъугьа-бахъинал. Щайгурелъул щивав бахIарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букIуна гIемерисеб мехалда инсанасул къисматги жамгIияталда гьоркьоб гьес кколеб бакIги. Гьединлъидал, руччабазул жамгIияб гIуцIиялъ гIемерал соназ кIвар кьолеб буго чIужугIаданэбел рухIияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде. ГIагарлъи-хъизамалда гьоркьоб маслихIат букIинабиялъеги квербакъула гьез кидаго. «Муслимат» гIуцIиялъул мурад ккола Дагъистаналда чIужугIаданалъул гIумру лъикIлъизаби, гьей росасулги гIагарлъиялъулги къадру-асс борхизабулейлъун лъугьинайи.

    Жакъа гьеб ккола Дагъистаналъул руччабазе бокьараб къоялъ мугъ чIвалеб хIубилъунги, бачIунеб гIелалъе рухIияб тарбия кьолеб кIалгIалъунги, ресукъазе, къобухIаразе кидаго битIараб кумекалъулаб кверлъунги.

    «Муслимат» жамгIияб гIуцIи рагьиялъе кьучI лъуна I994 соналдаго Хадижат ШихгIалиевалъ ва гьейго гIадал халкъалъул гIумруялъул ургъалица рахIат толарел жамгIиял хIаракатчагIи-руччабаз. Гьел ккола батIи-батIиял хъулухъазда рукIарал, гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат бугел руччаби. Гьез лъураб кьучIалда тIегьана ва жакъа къоялде щвезегIанги цIияб къуватгун ва лъикIалде божилъигун цебехун унеб буго Дагъистаналъул бусурбаби-руччабазул жамгIияб гIуцIи.

    «Муслимат» гIуцIиялда жанир батIи-батIиял соназда рагьана мадрасаби, исламияб университеталъул филиал ва гьеб гуребги цогидал хIасил кьолел хIалтIабиги гьаруна. 2000-абилеб соналда гьениб рагьана руччабазе исламияб лъай кьолеб мадраса. Гьенире хьвадула анкьго сон барал гьитIичалги 70 сон барал ригьалде рахарал руччабиги.

    Хадижат ШихгIалиевалъ бищунго анищаблъун рикIкIунеб гьанжесеб гIелалъул ясазе рухIияб тарбияги исламияб лъайги кьолеб, йикIинесей эбелалда рукIа-рахъиналъул адабалги малъулеб руччабазул «РухIияб берцинлъиялъул школа» хIалтIулеб буго 2006 соналдаса нахъе. Абизе бегьула гьеб школалъ эбел-инсуда тIасан битIараб тарбия кьеялъул ургъел босулеб бугин.

 

    25 сон – исламалъул нухда

 

     Дагъистаналъул регионалияб руччабазул «Муслимат» жамгIияб гIуцIи хIалтIизе байбихьаралдаса исана 25 сон тIубалеб буго. Гьебщинаб заманалда жаниб Аллагьасе гIоло гьабулеб жамгIияб хIалтIулъ Хадижат ШихгIалиевалда цадахъ рукIана халкъалда гьоркьор жидер къадруги борхатал, исламияб дин цебетIезабиялъулъ жидеца гIахьаллъиги гьабулел диналъул вацалгун яцал.

    Сахаватал гIадамазул кумекалдалъун, 25 соналда жаниб жамгIияб гIуцIиялъ гIумруялде рахъинаруна чIужугIаданалъе, бесдал лъималазе квербакъиялъе ва цогидалги проектал. Гьеб гIуцIиялъулъ цолъарал батIи-батIиял халкъазул вакилзаби, цогидал диниял идарабиго гIадин, экстремизмалде дандеги къеркьана. ЖамгIияб гIуцIилъун букIаниги, «Муслиматалъ» Дагъистаналъул муфтияталъул гIалимзабазда цIехон гурони динияб рахъалда хурхарал ишалги гьаруларо.

    «Муслимат» жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIи байбихьулелъул кIудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналъул рухIиял церехъабаз ва ресалда ругел гIадамаз. Гьеб кири цIикIкIараб жамгIияб хIалтIуде яхI-къадру бугел гIемерал руччаби недегьго ахIана «Муслиматалъул» хиси гьечIей председатель Хадижат ШихгIалиевалъ.

 

   Лъимал – Аллагьасул аманат

 

       «РухIияб берцинлъиялъул школалда» цIалулел ясазе жидергоги жидер хъизамалъулги гIумру берцин гьабизе хIажалъулеб лъай щвезе киналго квегIенлъабиги ресалги чIезарун руго «Муслиматалда». Гьенибго буго исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. Жидерго лъималазул лъималгун цадахъ чIахIияб ригьалъул руччабиги рачIуна гьенире Къуръан цIализе, щибаб рузман сордоялъ данделъула аварагасде (с.т.гI.в.) свалат битIизе, зикру бачине.

      Щибаб соналъ тIобитIула шайих СагIид-афанди (къ.с.) ракIалде щвезавиялъул хIурматалда Къуръан рекIехъе лъалел ясазда гьоркьоб республикаялъулаб къецги. Гьенир гIахьаллъизе рачIуна нилъер улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса диниял хIаракатчагIи.

     «РухIияб берцинлъиялъул школалъул» цIалдо хъабаз ва хIафизаз гIахьаллъи гьабула республикаялда ва гьеб бахун къватIир тIоритIулел Къуръан цIалиялъул, как битIун баялъул, хирияв МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) гIумру лъазабиялъул рахъалъ къецаздаги.

 

   Шамай ХЪАЗАНБИЕВА, ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА