Дагьал церегIан къоязда «ХIакъикъат» газеталъ МухIамад Шамхаловасул цIаралда бугеб премиялъе гIоло тIобитIун букIараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна. ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ТубхIат Зургьалова («Дир Расул»), кIиабилеб бакIалъе — ГIиса Шарапудинов («ГIашилтIаса Ханзадай»), лъабабилеб бакI щвана ТIалхIат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цIа лъуна дир ВатIаналда»). М. Шамхаловасул премиялъе мустахIикълъаразе шапакъатал кьуна магIарул газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матIу» тIехьалъул...

