Новость на родном

Юждагъалде гьабураб сапар

      Республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас­да ракIалда буго гIадамазул яшавги, къварилъи-гIатIилъиги бихьизе батIи-батIиял районазде сапарал гьаризе. Масала, гьединаб мурадгун гьев щвана Дагъистаналъул югалъул рахъалда ругел шагьараздегун цо чанго районалде. ДандчIвана гIадамалгун, хал гьабуна ралел шко­лазухъ, больницабазухъ, ясли-ахазухъ, росдал магIишаталъул ва цо­гидалги социалиял идарабазул хIалтIухъ.      Байбихьуда щвана Дербент рай­оналъул Хъала росдал...

Новость на родном

Улбузда чIвалеб квер ва президентасул баркала

            21 апрелалда Владимир Путиница хитIаб гьабуна РФялъул Федера­лияб Собраниялде.       Улкаялъул бетIерас хитIаб байбихьана коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул бициналдалъун. РакIалде щвезабуна 2020 со­налъ гIемерав чиясе ккараб къварилъи. Баркала кьуна тохтурзабазе, Роспотребнадзоралъул, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе. Бицана гьанже аслияб жо бугин кинавго чияс вакцина гьаби. Хасго рохизе ккараб...

Новость на родном

«Муслиматалда» батараб хинлъи

       Гьал къоязда, тIаде щолеб бугеб хирияб Рамазан моцIги баркизе, гьелъул хиралъиялъулгун кIваралъулги бицине «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби гьоболлъухъ ахIун рукIана «Муслимат» руччабазул жамгIияб гIуцIиялъ. Гьенире щведал, жиндиего хасаб гугьар бугеб гьимигун нижеда дандчIвай гьабуна гьеб идараялъе гIемерал соназ нухмалъи гьабулей йигей Хадижат ШихгIалиевалъ.    «Муслиматалда» цебе бугеб «РухIияб берцинлъиялъул школалда» цIалулел ясазул, руччабазул...

Новость на родном

ГIусманиязул империя цIунизе къеркьарав магIарулав

   Миякьоса ГIумархIажи    (ГIусманиязул империя цIунизе къеркьарав магIарулав)       XIX гIасруялъул ахиралда расги лъикIаб хIал букIинчIо ГIусманиязул империялъул. КIудияв вац Мурад Щуабилесухъа султан ГIабдулхIамид КIиабилесухъе щола накалде ккараб улка.    Гьединги загIиплъараб гьелъие квалквалал гьарулаан бакътIерхьул рахъалъул пачалихъаздаса квербакъи щолел рукIарал жамгIиял хIаракатчагIазги. ТIадежоялъе, халифаталъул гIорхъаби цIунизелъун рагъалги гьаризе кколаан.    Гьеб...

Новость на родном

МагIарул автономиялъул цIияв нухмалъулев – Айтемир Сатираев

      15 апрелалда ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялда тIобитIана магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул данделъи.     Гьенив вищана автономиялъул цIияв нухмалъулев – республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги вукIарав Казбек районалдаса бизнесчи Айтемир Сатираев.      Гьелде щвезегIан гьеб хъулухъалда вукIана филологиял гIелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил МухIамад.     Автономиялда сверухъ цолъарал миллатцоязе баркалаги...

Новость на родном

Туризмалъул цIияв нухмалъулев

        Республикаялъул туризмалъул ва халкъияб махщелчилъиялъул министрасул ишал тIуралевлъун тана Эмин Мерданов.     ЦIияв министрасул буго 29 сон. 2014 соналда гьес лъугIизабуна МГУ ва гьенибго аспирантураги. 2017 соналда лъугIизабуна МГИМОялъул магистратураги. Лъала ингилис ва гIараб мацIал.      2020 соналъул ноябралда тIамун вукIана министрасул тIоцевесев заместительлъун.  

Новость на родном

Михаил Мишустин Дагъистаналда

    14 апрелалда Дагъистаналде вачIана РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустин.      МахIачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчIвай гьабуна президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкацаги, республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасги, РФялъул Оборонаялъул министрасул замести- тель Тимур Ивановасги ва цогидазги.      М. Мишустинида цадахъ рачIана РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Михаил Мурашкоги, Ростуризмалъул...

Новость на родном

Рулалда нахъа чIужугIадан

          Гьаб заманалда шагьаразда жамгIияб транспорталъул шоферлъун хIалтIизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захIмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьарал­да жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола БежтIа росулъа ГIумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.       БАЯН     ТIоцебе троллейбус (токалдалъун хIалтIулеб транспорт)...

Новость на родном

РагIул гугьар — гьунаралъул тIокIлъи

Дагьал церегIан къоязда «ХIакъикъат» газеталъ МухIамад Шамха­ловасул цIаралда бугеб премиялъе гIоло тIобитIун букIараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна.  ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ТубхIат Зургьалова («Дир Расул»), кIиабилеб бакIалъе — ГIиса Шарапудинов («ГIашилтIаса Хан­задай»), лъабабилеб бакI щвана ТIалхIат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цIа лъуна дир ВатIаналда»). М. Шамхаловасул премиялъе мустахIикълъаразе шапакъатал кьу­на магIарул газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матIу» тIехьалъул...

Новость на родном

ХIабщиса рагIул устар

       Рарал соназдасаги, нахъа тараб нухалдасаги разияв, рокъовги къватIивги, хъулухъ-ишалдаги аваданлъи хвезе течIев чи вукIана шагIир ва журналист МухIамадрасул Дациев. Исана 70 сон балаан мунагьал чурадица.        Гьев гьавуна Буйнакск районалъул ХIабщи росулъ. Гьесулги лъимерлъи цогидал гIелцоязулалдаса расги батIияб букIинчIо. Заман щведал росдал школалде ана, чIахIиял классазда цIалулеб мехалда, риидалил каникулазул заманалда,...