Вакцинация: квешищ, лъикIищ?

 

   12 июналда ДРялде бачIана коронавирусалда данде гьабулеб «ГамКовидВак» вакцинаялъул («СПУТНИК V») жеги 11700 доза.     

   Термоконтейнеразда жаниб киса-кибего щвезабулеб буго гьеб.

   ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, 15 июналде республикаялда гьеб вакцина гьабун буго 112629 чиясе.

   ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунел руго ковидалъ унтулел чагIи, хасго гIолохъанаб гIел буго гьаб нухалъ гьелъ гIужие босун. Гьединлъидал вакцина гьабизе бокьарал чагIи къабул гьарулел пунктал рагьун руго МахIачхъалаялдаги цогидал шагьараздагун районаздаги.

   Гьайгьай, вакцинаялда тIасан батIи-батIиял пикраби руго халкъалда гьоркьор. Гьелъ гIадамал щакдаризе тIамулелги руго. Гьединлъидал нижеца хIукму гьабуна цо-цо тохтурзабазул ва гIадатиял гIадамазул пикраби загьир гьаризе.

    Видеобухьеналдалъун муниципалиял гIуцIабазул ва хIукуматалъул идарабазул бутIрузулгун республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тIобитIулеб данделъиялда сахлъи цIуниялъул министрасул заместитель Салман АхIмадовас бицухъе, гьоркьохъеб куцалда цо сордо-къоялда жанив кIинус-нус чи вегизавулев вуго больницабазда.

   Вакцинация цIикIкIун гьабурал районазда гъорлъ рехсолел руго Нугъай, Курах, Догъузпара районал, дагь гьабун буго Гъарабудагъкент, Лаваша, ГIахъуша районазда.

 

 Наби Къураев, Хунзахъ райбольницаялъул бетIерав тохтур:

    — Хунзахъ районалда вакцина гьабуна 2500-ялдасаги цIикIкIун чиясе. Гьезда гьоркьоса анцIгоялдаса цIикIкIун процент ккола ГIоротIа росдал гIадамазул. Гъоркьиса гьениб лъикIаб хIал букIинчIо– гIемерав чи унтана, хвана. Гьединлъидал гьанже, цогидалго гIадин, гьелги кантIун руго. ГIадамазда бичIчIулеб буго вакцина гьабичIого тIубалареблъи. Цо-цоязе гьеб къваригIунеб буго сезоналъул хIалтIуде республика тун къватIире ине кколел рукIиналъги.

   Вакцина гьабулеб пункт буго райбольницаялда. Гьелдаго цадахъ нижеца хIадурун буго бокьараб мехалда, машина гIадин, бокьараб бакIалде бачине бегьулеб ФАПги. Дару гьабизе къваригIарал чагIи хIадурун теян, цебеккунго ахIула пуланаб росулъ вугев фельдшерасде.

    Вакцина гьабулел чагIазул ригьги батIи-батIияб буго. Масала, сон ХIариколоса чи вачIана 82 сон барай, бусадаса яхъине кIоларей эбел йигила жиндир, гьелъие вакцина гьабизе рачIайилан. Гьединлъидал вакцинаялда божулелги божуларелги руго. Амма дида ккола соцсетазда жидеего подписчикал цIикIкIине къваригIун, гIемерисез жидедаго лъаларел жал рицунел ругилан.

   Араб соналъул октябралдаго дицагоги гьабуна вакцина.

 

ГъазимухIамад МухIамадов, ЦIунтIа райбольницаялъул бетIерав тохтур:

   — Нижер районалде бачIун букIана вакцинаялъул 1400 доза. Дагьаб цебе щвана жеги 600 дозаги. Гьелда гьоркьоса гьабуна 810 чиясе вакцина.

    ТалихIалъ, гIадамазда бичIчIулеб буго унтудаса хвасарлъи гIицIго вакцинаялъулъ гурони гьечIеблъи. Гьединлъидал кIудияб хIал гьабичIониги, гьел гьанже жал- го рачIунел руго нижехъе. Вакцина гьабизе разилъарал чагIазухъе нижецагоги ахIула, больницаялде щвезегIангицин рачIине ккеларин, нижго рачIинин абун.

  Нижеца, тIоцебесеб иргаялда, кIвар кьола гIумрудул сонал 65-йилъе рахарал гIадамазде.    

  ГIолохъабазулгIан щулияб букIунарелъул гьезул сахлъи. Щакдарулел чагIазда абула, гьа- лейин дица, тохтурас, диегоги гьабунин вакцина, расги лъугьинчIого нужеда цеве эхетун вугин. Гьелъги божилъи кьола.

    Цо-цоял чIола тIоцебесеб доза гьабун тейила жидее, гьеб рагIулин унго-унгояб дару, кIиабилеб абуни, бидулъе биччалеб чип бугин рагIанин абун.

    Ковидалъул рахъалъ гIезегIан мехалъ лъикIаб ахIвал-хIал букIана районалда. Амма гьале кIиго анкь буго гьеб хIалуцаралдаса. ХIупри росулъа анкьго чи унтун вукIин тасдикълъана гьал къоязда. Байбихьуда нижеца пневмония батилин тун букIана.

 

Муслимат МухIамадова, ЦIума­да райбольницаялъул бетIерав тохтурасул заместитель:

    — Жакъа къоялде районалда кIиябго нухалда вакцина гьабун буго 750 чиясе. Жеги гIезегIан чагIи руго тIоцебесеб доза щваралги. Аслияб куцалда вакцина гьабуна учительзабазе, медиказе, социалиял хъулухъазул хIалтIухъабазе.

   Масала, вакцина гьабизе 22 июналда райбольницаялде рачIун рукIана Хушет росулъа гIадамал (хIамуздагун чуязда рекIун ун гурони, машинадул нух жанибе гьечIеб, борхалъуда бугеб росу ккола гьеб – ред.).

    Вакцинаялъул кIваралъул бицун, районалъул нухмалъиялъ данделъаби тIоритIула. Гьединлъидал гIадамазул пикруги хисулеб буго – гьеб даруялда тIасан азарго батIияб жо бицунеб бугелъулха интернеталда.

     Нижеца гIадамазе чIезабураб хасаб графикги буго – заман щвара-щварал ахIула уколал гьаризе.    

    Онкология ва чорхол сахлъи загIип гьабулел цоги- дал унтаби ругел чагIи тун батIиял гIадамаз бицинегIанасеб дандечIейги гьабулеб гьечIо гьелдехун.

 

Мария Ражабова, бухгалтер:

  — Лъимер гьабулеб гIужалда йигелъул, вакцинаялъ чорхолъ хиса-басиял лъугьинаризе бегьулилан хIинкъун, дица цин инкар гьабулеб букIана. Амма гьанже Индиялъул штаммги баккун бугилан рагIидал, ккараб ккун букIаян, ана дару гьабизе. Гурони, гьелъ жеги кIудияб зарал гьабизе рес бугелъулха.

     КIиго къоялъ цIа-канги бахун йикIана дун. Амма цогидазги абуна жидееги гьебго жо лъугьун букIанин. Гьеб гуребги, цогидал унтабазда дандечIун вакцинаби гьаридалги гьебго асар лъугьун букIана дие.

 

Раисат ПатахIова, ОМСалъул рахъалъ ТФОМСалъул управлениялъул нухмалъулей:

   — Дица гьабуна вакцина. КинабгIаги къварилъиги гьечIо. Директорасдаса байбихьун, нижер хIалтIухъабазги гьабуна. Щайгурелъул ковидалда данде чIезе ни­лъер тIокIаб батIияб рес гьечIелъул. МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больницаялъул тохтурзабаз бицана гъора регун ругел унтаразул хIакъалъулъ. Гьезда гьоркьор гIемер руго гIолохъаби. Цебе гьеб вирус тIатине кIиго анкь къваригIунеб букIун батани, гьанже гьелъ рекIеда ратизе толел гьечIо: тохлъукьего тIатунеб буго, гьединлъидал чорхолъе цереккунго кьалбал риччан ратулел руго.   

    ТIадежоялъе, гьанже Индиялъулин абулеб штаммги тIатун буго. Тохтурзабаз бицана, гъоркьисаялде дандеккун, исанасел унтарал кутакалда захIматал ругин.

    Вакцина гьабулеб гьечIо, масала, лъимаде ругел ва лъимал хахулел руччабазе, 18 сониде рахинчIел лъималазе, хроническиялде сверарал унтаби ругел чагIазе. Гьел унтаби ругел гIадамазе дагьаб тIадагьаб вакцина гьабизе бегьула, тохтурас тIаса бищула гьеб.

    ПалхIасил, дида гьикъани, вакцина гьабейин абила дица. Нижер хъизамалъул, гIагарлъиялъул чагIазги гьабуна. Ковидалда данде хасаб вакцина ургъизегIан гIемераб заман инчIин жегиян щаклъи загьир гьабула цо-цо чагIаз. Амма гьанжелъагIан цогидал вакцинаби хIадур гьарулел институтал рукIана ва ругелъул нилъер гьанир. Гьезул кьучI цо буго.     

    Иммунобиологиялъул дараби ургъулеб Чумаковасул цIаралда бугеб федералияб централда хIалтIулей йиго нилъер ракьцояй. Гьелъги бицана цIияб вакцина гьанжелъагIан ургъарал дарабазул кьучIалда гIуцIанилан. Гьединго гьелъул хIалги бихьун буго централъул хIалтIухъабаз.

     Цоги рахъалъ босани, нилъеда жеги ракIчIун лъаларо, гьаб ахIвалхIалалдаса нилъ киналго чIаго рорчIилелищалиги. Гьединлъидал вакцинаялъул зарал гьелдаса кIудияб букIинаро.

 

Шамай Хъазанбиева, учительница:

    — Дунгоги, гIагарлъиги, лъалехъвалелги цIунизе вакцина гьабизе бокьун буго. Амма кIицIулниги бидул анализ кьедал, антителаби ругин, гьединлъидал дару жеги гьабизе бегьуларин нахъе йитIана.

     БитIараб бицани, байбихьуда соцсетаздасан цIаларал, гIадамаз жидедаго гьоркьоб тIибитIизабураб харбида божун, хIинкъунги йикIана.   

    Цинги дагь-дагьккун якъинлъизе лъугьана бугеб ахIвал-хIал. ГIизраилалда гIадамазул 70 проценталъ вакцина гьабун бугин цIалана интернеталдасан. Гьединлъидал доба гьеб унтиги лъугIулеб буго.    

    Нилъер гьаниб абуни, вакцина гьабунин абурал сертификаталги кьолел руго, унтиги нахъе къалеб гьечIо.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА