Ахираб микьго соналъ ДРялъул Халкъияб Собраниялъе спикерлъиги гьабун, Хизри ШихсагIидов хIалтIудаса нахъе ана 9 июналда. Иргадулаб гуреб сессиялда депутатаз гьединаб хIукму гьабуна. Заманаялъ спикерасул хъулухъ тIадкъарав Халкъияб Собраниялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас сессиялъул байбихьуда абуна ШихсагIидов хIалбихьи бугев политикги кколин, гьесул хIакъалъулъ лъикIаб гурони бицинеги бицунарин абун. Амма живго гьев сессиялда гIахьаллъичIо....

