Бертадул тепсидал тIагIамалъухъе

 

Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Авар театралда цебе гьелъул актеразул квербакъиялдалъун махIачхъалаялъулал, тахшагьаралъул гьалбал, гьединго туристал щвана умумузул гIадатазухъе гьоболлъухъе.

      Гьаб нухалда – магIарул берталъ букIараб зурма-къолол гьаркьихъе сверуде кIанцIаразул къадар цIикIкIунеб букIана.

      Гьалеха доб, магIарул бертин. Хъван пандургун ахIулеб кечIги, дагьалъ дорегIан цIурачадал гьарулел руччабиги, магIарул чIагIаги, чIагIдал цIураб лълъарги, сухIматалде рачIаразе гьоболлъи гьабулел, бер- тадул тепсиялъухъе гьел ахIулел бахIаразул гIагарлъиги, цин бихьиназ, цинги руччабаз ахIулеб магIарул кечIги, бертадул сверудаса нахъе ине бокьун гьечIел гьалбалги.

     Гьеле гьединаб рахIатаб, сахаватаб, рохалил цIураб къо сайгъат гьабуна Авар театралъул актераз дагъистаниязе. Гьеб тадбиралъул аслияб мурадги букIана наркотиказде данде цадахъ рекъон къеркьеялде гIолилал ахIи.

Ш. ХЪАЗАНБИЕВА