Новость на родном

«ЧIагояб классика»- авар мацIалда

       Ахиралде щвана газеталъ лъазабун букIараб конкурс. Гьелъул хIасилал гьаризеги, цоцазда бергьенлъи баркизеги, цIиял гьудулзабазулгун лъай-хъвай гьабизеги республикаялъул магIарул районазул ва шагьаразул школазул лъималги, гьезул учительзабиги, улбулги данделъун рукIана 20 апрелалда газеталъул редакциялде.     Гьединго къецалда гIахьаллъана чIахIиялги. ГIахьалчагIаз ракIалдасан цIализе кколаан магIарул хъвадарухъабазул прозаялдаса бутIаби. Коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб букIиналдаги бан, редакциялъ хIукму...

Новость на родном

Ункъго министргун цадахъ

    24 апрелалда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Шамил районалде. Республикаялъул мугIрузул районалде хIалтIул рахъалъ гьабураб тIоцебесеб сапар ккола премьерасул гьеб.   Гьаб нухалда премьерасда цадахъ рукIана Нухазул, Лъай кьеялъул, Экономикияб цебетIеялъул ва Сахлъи цIуниялъул министерствабазул нухмалъулелги.       ВачIинахъего ГI. ГIамирханов щвана Гьолокье. «100 школа» абураб проекталда рекъон, ремонт гьабураб школа...

Новость на родном

   Керимовасул садакъа

       Хирияб Рамазан моцIалъ республикаялда гIумру гьабун ругел аза-азар хъизамазе садакъа гьабизе бугин сенатор Сулейман Керимовасин баян кьуна ДРялъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровас.    Щибаб хъизамалъе 20000 гъурущ кьезе ракIалда буго Керимовасда. Гьебги кьезе буго Догъузпара, СулейманСтIал, Дербент районалъул, Гъуниб районалъул СалтIа росдал гIадамазе.     Гьелдаго цадахъ, Х. Абакаровас бицухъе, С. Керимовас...

Новость на родном

РАКЬУЛЪ ТIУПАНЩИНАЛ ТIАГIАРАЛ ГУРО

        ГIабдурахIман Данияловасул гIагарай гIадан йикIин жинца гIадамазда лъазецин толароанин бицана МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Ругъжаса Чупан Мажидовасул яс ПатIиматица. Живго Чупанги Гъуниб районалъул нухмалъулесдаса байбихьун рохьил магIишаталъул министрасде щвезегIан батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIарав чи вуго. ПатIиматил эбел Зада кколаан ГIабдурахIман Данияловасул яцгIал. Даниялов хун анцIго моцIидасан гьавурав васасда ГIабдурахIман абун цIарги лъун буго ПатIиматица....

Новость на родном

ХIалтIичIес хIанчIиларо

      2021 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе Россиялъул регионазда 37 сон барал лъималазе социалияб пособие кьеялъул къагIида хисана. 2020 соналъул риидал, ай пандемиялъул заманалда, лъазабун букIана пособие кьезе бугин ресукъал хъизамазейилан абун. Июлалъ бихьизабураб посо­бие январь моцIалдаса нахъего рикIкIун (перерасчетги гьабун) кьунги букIана. Гьеб кьолаан официалияб харж бачIунарел яги гьелъул къадар дагьал хъизамазул лъималазе....

Новость на родном

«Жаназабазда тIасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гуро дун»

        ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тIубаялда бан Дагъистаналъул ГIелмияб централда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул бетIерги, Данияловасул гIагарлъиги, жамгIиял хIаракатчагIиги. ГIелмияб централъул хIалтIухъабаз тIадчIей гьабуна рагъул соназда Данияловасул хIаракатаб хIалтIуда.      Асар гьабуледухъ, цоцо мисалалги рачун, гьев ракIалде щвезавуна ДАССРалъул культураялъул министрлъун вукIарав ГIабдулатIип ХIажиевас. Масала, нилъер мадугьалзабазда...

Новость на родном

ВатIанцоязулгун бухьенал щула гьарулеб закон

      20 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана Россиялъул гIорхъи бахун къватIир ругел ватIанцоязул рахъалъ дагьалъ цебе бахъараб ДРялъул законалъул хIакъалъулъ.     Гьелда гIахьаллъана миллияб по­литикаялъул ва диниял ишазул ми­нистр Энрик Муслимов, Россиялъул МИДалъул МахIачхъалаялда вугев вакил ГIамирхан МухIамаддадаев, «ВатIан» ассоциациялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов. Гьеб закон къабул гьабуна исана 25 марталда. Гьелъ квербакъизе буго...

Новость на родном

Лъеца гъанкъараб магIишаталъул «дандерижи»

          15 апрелалда Унсоколо районалде щвана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов.       Рихьуниб ГЭС балаго лъеда гъоркье ракьал араб щуго росу буго гье­ниб: Унсоколо, Рихьуни, Зиранигун Майданское, ГьаракIуни ва Хьарга­би районалде гьоркьобе унеб Къудукь. Амма 10-ялдасаги цIикIкIун сон буго гьезул пачалихъалъухъа рецIалихъ гIарац щоларого. Гьанже гьеб суал тIубаялъул иш...

Новость на родном

Данухъе газ бачана

               Гумбет районалъул росабалъе газ бачиналъул тадбирал гьарулел руго «Газпром газораспределение Даге­стан» идараялъул махщелчагIаз.        Проект гIумруялде бахъинабу­на РФялъул регионазде газ бачиналъул программаялда рекъон. Гьелъ­ие гIарац кьуна «Газпром» ПАОялъ. Проект хIадурана ва рогIрал рачи­налъул хIалтIи гIуцIана «Газпром межрегионгаз» ОООялъ. Техникияв заказчиклъун ккола «Газпром ин­вест» ОООялъул вакиллъун бугеб...

Новость на родном

Вакцина гьабурал цIикIкIана

      20 апрелалда Сергей Меликова­сул гIахьаллъигун тIобитIараб опе­ративияб штабалъул данделъиял­да бицана вакцинация гьабиялъул хIакъалъулъ.      Сахлъи цIуниялъул министер­ствоялъул баяназда рекъон, вакци­на гьабун буго 52 азарго чиясе.       Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас абуна сордо-къоялда жаниб ковидалъ ун­таразул къадар 0,13 проценталдаса цIикIкIинчIин. Цересел анкьазда рукIарал тарихазухъ балагьани, гьезул къадар дагьлъун буго.  ...