2016-2017 цIалул соналъул хIасилазда рекъон, Гъазиюрт росдал школалъе (ТУО) щвана тIоцебесеб бакI ТУОялда гьоркьобе уна лъайкьеялъул нусгоялдаса цIикIкIун идара. Гьелдаго гьоркьоб буго Гъазиюрт росдал школаги. 2009 соналдаса нахъе гьелъул директорлъун хIалтIулев вуго РФялъул лъайкьеялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул лъайкьеялъул отличник Гъайирбегов ХIажи. Школалда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ гьадин бицана директорас: «Исана буго школалъул 50-сонилаб юбилей. Гьеб...

