200 ва 2000 гъуруш

Декабрь моцIрол ахиралде киназухъего щвела

 

ТIоцебе гьеб гIарац щвезе буго Крымалдеги, Дальний Востокалдеги, Москваялдеги. «ТIолабго улкаялдаго 200 ва 2000 гъуршил кагътал хIалтIизе руго декабралда», — ян бицана Центробанкалъул нухмалъулей Элвира Набиуллинаца.
200 гъуршида рахъун руго Севастополалъул игIланал – лъелъ гъанкъарал гумузе бараб памятникги Херсонес Таврическийги. 2000 гъуршида руго Дальний Востокалъул игIланал – ГIурус чIинкIиллъиялда бугеб кьоги «Восточный» абураб космодромги.
ЦIияб гIарцуда тIад чIахIаго ва квераз квашун лъаледухъ хъван руго тархал. Гьедин гьабун буго канлъукъал гIадамазда чан гъуруш бугебали батIабахъизе лъазе букIине.

Законалда хиса-баси гьабуна

Машинаги мотоциклги хасаб посталда гуребги, бокьараб бакIалдаги чIезаризе ихтияр кьолеб буго гьанже ГИБДДялъул инспекторазе. Цебеккун хIалтIулеб букIараб законалда рекъон, машина чIезабизеги шоферасул документазул халгьабизеги бегьулаан гIицIго хасаб посталда. Гьел постал ахираб заманалда дагьлъана: гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго гIемераб гIарац харж гьабизе ккей.
Машина чIезабиялъе гьанже кьочIое босизе гьечIо нухазда низам хвезабиялъул хIужаги. Гьединаб хIукму гьабуна гьал хадур рехсарал гIадал мисалазде мугъ­чIвайги гьабун. Масала, мехтарав чияс хIаракат бахъула, ГАИялъул инспекторасда тIатунгутIиялъул мурадалда, машина низамалда бачине. Гьединабго гIилла сабаблъун, цIикIкIараб хехлъиялда машина бачунаро гьеб бикъарав чиясги. Гьединлъидал рехсарал тайпабазул такъсирал гьарурал чагIи инспекторасул берзукьа рорчIула.
Инспекторасул ихтияр буго шоферасулги гьесда цадахъ ругел пассажиразулги документазул халгьабизе. Шофер мехтун яги цебесеб къоялъ гьекъон вукIиналда щаклъиги ккун, халгьабизе медицинаялъул идарабазде витIани ва, гьев гьекъон гьечIеблъи чIезабуни, вукIарабго бакIалде, ай машинаялда аскIове щвезавизе тIадаб буго инспекторасда.
ЦIияб къагIидаялда рекъон, инспекторасе гьукъун буго шоферасул рахъалъ хъачIал рагIаби абизе, жинс, ригь, тIомол кьер, мацI, миллат, политикияб яги динияб рахъ гьоркьобккун гьев хIакъир гьавизе. Амма инспекторасе гьукъун гьечIо шофергун гаргадулеб заманалда хъалиян бухIизе.
Шоферасе гьукъун буго ГИБДД­ялъул инспекторас гьабулеб-толелъул сурат яги гьеб видеокамераялде, ялъуни телефоналде бахъизе.
ЦIикIкIинабун буго лъелго унев чи виччангутIиялда бан бахъулеб гIакIадул къадарги: гьединав шоферасухъа бахъизе буго 2,5 азарго гъуруш.
Муса Азаев