ЦIогьодичIони…

Щиб гьабизе кколеб, Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул идарабазда ришватчилъи тIагIинабизе ккани?

 

2017 соналда ВЦИОМалъ (ТIолгороссиялъул жамгIияб пикруялъул цIех-рех гьабулеб центр) гьабураб цIех-рехалда рекъон, бищун гIемер ришватчилъи тIибитIун буго медицинаялъулги, лъайкьеялъулги, ГИБДДялъулги идарабазда.

Тохтурзабазе ришватал кьола операция гьабуралъухъги, унтарасул халгьабуралъухъги, хIажатал анализал гьареян кагъат хъваралъухъги, больницаялда вегизавизе кколин направление кьуралъухъги, чIарахъанлъиялъухъги, школалде ва цогидал бакIазде кьезе справка хъваралъухъги…
Гьебги кьола нилъеда нилъерго ихтиярал лъангутIиялъ. Гьединлъидал гIадамазе кумек гьабизелъун Дагъистаналда хIалтIизе байбихьана «Пациентасул манитор» абураб центр. Гьелъул нухмалъулев Зияудин Увайсовасулгун гьадинаб гара-чIвари ккана.
– Кинаб мурад бугеб нужер проекталъул?
– Аслияб мурад буго, жидерго ихтиярал цIунизе гIадамазе кумек гьаби. ГьабсагIаталда аслияб кумек гьабулеб буго чIорого кьезе кколел дараби кьечIого таралги больницаялда регизаризе инкар гьабуралги гIадамазе. Гьединго больницаялда регарал унтаразда абула, дараби ричун росеян. Гьедин тохтурас лъазабураб мехалда, щиб гьабизе кколебали малъула нижеца. Масала, тохтургун яги отделениялъул нухмалъулевгун къацандизе ккани, тIадаб идараялде гIарза хъвазе малъула. Дару чIобого кьолеб гьечIинги абун, шагьара­лъул администрациялде гIарза хъвазе кколаро. Хъвазе ккола гьеб масъала тIубазабизе кколел идарабазде, хIатта цадахъго чанго батIияб идараялде. КватIичIого рагьизе буго нижер сайт ва гьелда лъезе руго батIи-батIиял идарабазде кагътал хъваялъул мисалалги.
– Чан чи вачIарав нужехъе лъабго моцIалда жанив ва чан чиясул мурад тIубан бажарараб?
– АнцIила микьго чи вачIана. Цо нухалда судалдаги бергьана ниж. Анлъго сон барав ва гIемерал унтаби ругев цо васасе кьоларого букIана 65000 гъуршил багьаяб дару. МоцIрое гьесие хIажалъулаан гьеб даруялъул кIиго къвачIа. Судалъ Минздравалдаги, Минфиналдаги, ДРялъул хIукуматалдаги лъазабуна дару кьеян. Гьанже халкквезе буго судалъул хIукму тIубазабулеб бугищали. РукIуна нижер малъа-хъваязда рекъон, жидерго ихтиярал цIунизе хIаракат гьабиялъул хIужабиги. Масала, Къоркъмасхъала районалдаса цоясухъа кинго бажарулеб букIинчIо жиндир лъималазул хъвай-хъвагIай гьабизабун ЦIияб Лак районалъул больницаялда. Гьесда абулеб букIана, территориалияб къагIидаялда рекъон, гьевги гьесул лъималги рукIине кколин Къоркъмасхъалаялдаго. Амма, гIумру гьабулеб бакI хIисабалдеги босун, гьесул ихтияр буго ЦIияб Лакалда тохтуразухъе ине. Нижер малъа-хъваязухъги гIенеккун, гьев ана бетIерав тохтурасухъе ва мурадги тIубана.
– Судалда бергьине рес бугищ, ФОМСалъул рахъалъ масъала ккун бугони? ЧIорого дараби кьеялъул хIакъалъулъ судалъул хIукму хехго тIубазабулищ?
– Кинабго битIун гьабуни, судалда бергьиналъул масъалаго букIунаро. Пачалихъалъ гьабулеб бигьалъи бугони, гьеб щвечIого хутIуларо. Гьайгьай, камуларо захIматал масъалабиги.
Судалде гIарзаги кьун, гье­лъул хIукмуялъухъ балагьун чIоларо чIорого дараби щвезе кколев чи. Гьес дараби росула жиндирго гIарцухъ. Цадахъго кьола дарабазе харж гьабураб гIарац тIадбуссинабиялда бараб гIарзаги. Гьедин гьабизе ккола, щайгурелъул дуе чIорого кьезе кколел дараби дуца ричун росараб мехалда, больницаялъ гьел кьунилан кагъат хъвала ва гьезие харж гьабураб гIарацги бикъула. Гьединлъидал росизе бегьуларо чIорого кьезе кколел дараби. Яги, дараби росулаго, щвараб чекги нахъе цIунун, судалде кьураб гIарзаялда цадахъ лъезе ккола гьебги. Чекалда рекъон тIалаб гьабула рецIелги.
– КIиго соналъ цебе Россиялъул президент Владимир Путиница абуна сахлъицIуниялъе гIураб къадаралда гIарац биччан бугин, чIорого дараби росизеги кьунин 16 млрд гъуруш. Гьелде тIадеги, РФялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ абуна, гражданазе бигьалъи гьабун кьолел дараби некIого росун ругин. Гьеб рахъалъ хиса-баси бугищ?
– КинабгIаги къварилъи гьечIо, гIураб гIарацги биччалеб буго. Мисалалъе рачине бегьула жалго бетIергьанал стоматологиялъул кабинетал: МахIачхъалаялда буго полисалда рекъон чIорого гIусал къачIалел кабинетал. Руго гьединалго клиникабиги. Клиникаялъул бетIергьанас ижараялъе босула шагьар бакьулъ минаги, лъола гьенир медицинаялъул алаталги. ГIадамазе дараби чIорого гьарула гьенир, гьесие ФОМСалъ гIарацги кьола. Цо-цояз абула, пуланал чагIазе гIарцул бутIа кьезе кколин. Кканиги, клиникаялъе гьелдаса хайир щола. Хайир кколаребани, гьедин гьабилароан лъицаниги. Пачалихъияб медицинаялъул идараялъ гIарац кьезе кколаро ижараялъухъги медицинаялъул алатазухъги – гьеб кинабго чIобого кьола пачалихъалъ. Страховая компаниялъ гьезиеги кьола гIадамазе кьолел дарабазухъги цогидалъухъги гIарац. Амма гьезие гьеб гIоларо, гIарац гьечIин багьанаби ратула. Щайха хасал предпринимателазе гIолеб гIарац пачалихъиял больницабазе гIезе кколареб? Гьебгиха, чIорого гьаризе кколел ишазухъги гIадамазухъа гIарацги бакIарулеб букIаго. Дун божуларо пачалихъиял больницабазе гIарац гIоларин абураб жоялда.
– Поликлиникаялде инчIониги, гьенире рачIунги рукIанин, пуланаб дару-сабабги гьабунин хъван батула амбулаторияб картаялда. Гьедин гьабулеб батила ФОМСалдаса жидеего гIарац щвеялъул мурадалда. Гьединаб хIужа тIатани, тохтурасе щиб гьабизе бегьулеб?
– Буго хасаб документ – тарифазул хIакъалъулъ къотIи-къай. Гьелда бихьизабун букIуна, чан гъуруш кьолебали ФОМСалъ поликлиникаялъе, гьениб унтарасе гьабураб даруялъухъ яги цогидаб хъулухъалъухъ. Гьединлъидал тохтурасухъаги тIалаб гьабула хIалтIул хIисабкьей. Батила, гIарац щвеялъул мурадалда гьабулеб хIалтIиги. Амма гьениб гIайиб тохтурасда гуреб, поликлиникаялъул нухмалъиялда буго.
– КIудиял иргаби рукIуна лъималазул поликлиникаялда, масала, невропатологасухъе, ортопедасухъе. Къойил гьезухъе кьола 10–15 талон, унтарал къабул гьаруларо, цо хасал къояз гурони. Талон босизе гIадамал рачIуна радакь рахъунги. Амма мухьдахъ талон босарав чи гьебсагIатго къабулги гьавула гьез. Гьединабго хIал буго УЗИ, МРТ бахъиялъулги. МоцIаз цереккун хъван рукIуна иргаялда гIадамал.
– Гьеб буго бугеб ресалдаса пайда босизе лъангутIиялъул хIасил: иргаялда гIемер чи хъван вугони, гIарацги кьун, халгьабизе рачIунезул къадар цIикIкIунелъулха. Цо-цояз иргаби ургъунго гьарула, жидее ришватал щвеялъул мурадалда.
Республикаялъул централияб больницаялда буго МРТ. Гьеб хIалтIула сордо-къоялъ, амма чIобого МРТ гьабула больницаялда регун ругел унтаразул. Заманалда МРТ гьабулеб гьечIони, щиб гьабизе кколебали бицунеб видеоролик бахъана нижеца. Аппаратал дагьал ругин абун, чIобого щвезе кколеб кумекалдаса унтарал махIрум гьаризе ихтияр гьечIо. МРТ гьабизе ккола 30 къоялъул болжалалда.
– ХIажатаб алат босизе пачалихъалъ гIарац кьолеб гьечIин абулеб бугони, щибха гьабилеб?
– Больницаялъе гIураб къадаралда гIарац кьолеб гьечIони, гьеб суал лъезе ккола хIукуматалда цебе. Кьолеб батула гьеб. Пачалихъалъул гIарац бугодай абун ургъизе кколаро нилъ. Масала, пуланав чи хIалтIулев вуго предприятиялда. МоцIрое гьесие щолеб буго 30 азарго гъуруш. Гьелдаса щибаб моцIалъ тIаса бахъула 1500 гъуруш – медицинаялъул страхованиялъул абун. Гьев чиясда лъицаниги гьикъуларо, бугищ дур рес гьеб гIарац кьезеян, гьелдасаги хIажатаб бакIалдейищ гIарац харж гьабизе бугебан. ГIадамазухъа гIарац бакIарулеб буго, хадубккун гьезие медицинаялъул кумек гьабия­лъул мурадалда. Гьабеха гьеб кумек. ЧIобогояб медицина цебего лъугIана.
– Больницаялда лъикIал шартIал гIуцIун гьечIин, гIарза хъвазе ихтияр бугищ?
– Къадазул кьер къабуллъун гьечIони – бегьуларо. Амма тараканал ратани, хIажатханаялда чороклъи бугони, къадаздаса хIарщ гъенолеб бугони, бегьула ва хъвазеги ккола. Больницаялда вегунги вукIаго, гIарзаялъ дуе зарал гьабилин хIинкъулев вугони, хъваге гIарза гьебсагIатго. Дараби росеян, халгьабиялъухъ гIарац кьеян тIалаб гьабулеб бугони, гьебги гьабе. ГIарза хъвазе бегьула, больницаялдаса къватIиве виччан хадуб.
– Ришват кьунилан дуеги тамихI гьабизе бегьулагури?
– Гьеб ришват кколаро. БукIуна, сахлъиялъе гуребги, гIумруялъего цIикIкIараб хIинкъи бугеб хIал. Масала, гьабсагIатго больницаялда вегичIони, хвезе бегьула чи. Гьесда абула ирга бугин, бакI гьечIин. Амма гIарац кьуни, иргаги лъугIула, бакIги батула. Балагьун чIезе заман гьечIо – кье гIарац ва сахлъицIуниялъул иш рекъонккун хадуб хъвай гIарзаги. Низам хвезабулеб букIараблъи чIезабе. Гьедин гьабичIони, ришватчилъиялъул масъала тIубазего гьечIо. РуцIцIун чIун руго тохтурзабиги гIадамалги. Бугеб системаялде данде вахъине лъиениги бокьулеб гьечIо. Цо-цоял руцIцIун чIола, щиб гьабизе кколебали лъаларого. Нижеца малъула щиб ва кин гьабизе кколебали.

Наиля ТIалхIатова,
«Черновик» газеталдаса