ЦIалдохъабазе — стипендия

2016-2017 цIалул соналъул хIасилазда рекъон, Гъазиюрт росдал школалъе  (ТУО) щвана тIоцебесеб  бакI

 

ТУОялда гьоркьобе уна лъай­кьеялъул нусгоялдаса цIи­кIкIун идара. Гьелдаго гьоркьоб буго Гъазиюрт росдал школаги. 2009 соналдаса нахъе гье­лъул директорлъун хIалтIулев вуго РФялъул лъайкьеялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул лъайкьеялъул отличник Гъайирбегов ХIажи.
Школалда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ гьадин бицана директорас: «Исана буго школалъул 50-сонилаб юбилей. Гьеб бана 1967 соналда колхозалъул председательлъун вукIарав ХIажиев Набил хIаракаталдалъун. Школалда вуго 168 цIалдохъан, гьезие тарбияги лъайги кьола 26 педагогас. Школалъул интернаталдаги вуго 55 цIалдохъан.
Школа буго гIемераб гIарац хIажалъулеб бакI. Нижер школаги тIубанго басралъун букIана. Гьелъго батила, гIемер векерахъдизе ккана. Байбихьуда расги бигьаго букIинчIо хIалтIи гIуцIизе. Директорасул хъулухъ дие букIана цIияб, гIолеб букIинчIо хIалбихьи. Коллективалъул кумекалдалъун гурони, цIигьабунги бажарилароан гьеб».
ХIажица хIалтIи байбихьана магIишатиял ишал тIураялдаса, материалиябги техникиябги база щула гьабиялдаса, учительзабазе хIалтIул шартIал гIуцIиялдаса. Школалъул гIузрабазул бицун, гьев ана ТУОялъул нухмалъулевлъун вукIарав СайгидхIусен Гьиматовасухъеги ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель ГIабдулатIипхIажи ГIусмановасухъеги. «Гьезда дун вичIчIана ва ресалда рекъараб кумекги щвана. Шиферги хисун, тIохда ккуна махх, сверун къана азбар, бачана лъим. Заз-хъарахъги нахъе къотIун, чIана пихъил гъутIби ва тIугьдул, къачIана къватIисеб рахъги. Хадуб тIаделъана жанисеб рахъалде. Школа бухьинабуна интернеталда, хIалтIизе биччана компьютеразул кабинет, классал хьезаруна интерактивиял доскабаздалъун, гьелда рекъезабуна цIалуе хIажалъулеб методикияб материал. Коллективалдаги бичIчIизабуна цо бакIалда чIун рукIине гьечIеблъи. ПалхIасил, 2015 соналда школалъе щвана лъабабилеб бакI, 2016 соналда – тIоцебесеб», — ан бицана ХIажи Гъайирбеговас.
Учителасда церечIарал аслиял масъалабазул цояблъун ХIажица рикIкIуна ватIан бокьи куцай, цIалдохъабазда умумузул тарих лъазаби ва гьелъул кьучIалда тарбия кьей. Гьеб мурадалда школалъул азбаралда эхетизабуна КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе памятник. Директорасул тIалабчилъиялъул хIасилалда хисана хIалтIудеги жидерго махщел камиллъизабиялдеги учительзабазул бербалагьи. ТIолабго коллективалъе мисаллъун йиго Дагъистаналъул мустахIикъай учитель ПатIимат Шарапудиноваги. ЦIалдохъабазул лъайги камиллъана: олимпиадабазул территориалияб даражаялда гьел мустахIикълъана 17 призалъулаб бакIалъе, республикаялда – ункъо бакIалъе, СКФОялъул шагьаразда гьоркьоб – лъабго бакIалъе.
«ЦIалуде рокьи бижизабулеб хIужалъун ккола цIалдохъабазе кьолеб букIин РФялъул мустахIикъав тохтур, СССРалъул сахлъицIуниялъул отличник, «БагIараб байрахъ» орденалъул кавалер ТIадмагъилъа Сурхаев Мисирбегил цIаралда чIезабураб стипендия.
Гъазиюрт росдал школалъул интернаталда цIалулел руго ГIуриб, Рачабулда, КIаратIа ва Лъибищо росабазул хъутабаздаса цIалдохъаби. «Шамат къоялъ рокъореги итниялъ школалдеги гьел щвезаризе чIезабун буго машина. ГIуцIун руго лъималазе цIализеги хIухь­бахъизеги лъикIал шар­тIал. Щиб хIажалъаниги, хIалае ватула ва кIвараб кумек гьабула СПКялъул нухмалъулев Аслудин Рашидхановасги», — ян бицана ХIажица.
Шарапудин
Сайпудинов,
ТIадмагъилъ росу