Улкабазул гьудуллъи

РФялъги Азербайжаналъги цадахъ базе буго Самур гIоралда тIасан  кьо

 

БукIинесеб кьоялъе кьучI лъея­лъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, РФялъул транспорталъул министр Максим Соколовги, Азербайжаналда вугев РФялъул вакил Владимир Дорохинги, АРалъул транспорталъулги, бухьеналъулги, тIа­дегIанал технологиязулги министр Рамин Гулузадеги.
Кьо баялъул проект тасдикъ гьабуна Россиялъул бетIераб пачалихъияб экспертизаялъ. Гьелъул букIине буго 325,3 метр халалъиги 17,3 метр гIеблъиги. ИчIго баллалъул ракьба­гъариги хIехьезе буго гьелъ.
ГьабсагIаталда машинаби хьвадулел руго басрияб кьодасан. Гьеб бана 1957 соналда. Гьанже, басралъиялда бан, гьеб къазехъин буго ва хIалтIизабизе буго гIицIго гидро­узелъул хъулухъалъе хIажатаб мехалда.
ЦIияб кьо базе буго РФялъулги АРалъулги пачалихъаз бащадго харжалги гьарун. Гьелъул багьа бахана 1,2 млрд гъуршиде. Россиялъ харж гьабизе буго федералияб бюджета­лъул гIарац.
Гьебго къоялъ Владимир Васильев дандчIвана МухIарамкент районалъул росабазул жамагIаталгунги. Гьез бицана жидерго масъалабазул хIакъалъулъ: токалъул къуват гIолеб гьечIолъиялъулги, трансформаторал лъезе къваригIун рукIиналъулги, шагьранухазда хъил тIезеги гьел гIатIид гьаризеги ккеялъулги, лъалъадизе лъим дагьлъиялъулги. Гьел ва цогидалги масъалаби тIуразарариялда тIад хIалтIизе ругин абуна Васильевас.

 

Пачалихъги динги рекъон хIалтIани…
Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIва

ДРялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевгун

Регионалъул нухмалъулес гьадин абуна муфтиясда: «Дида гIемер рагIана дур ва Дагъистаналда рекъел цIуниялъулъ дуца лъураб бутIаялъулги гIадамазул ракIазе гьабулеб асаралъулги хIакъалъулъ бицунеб. Гьеб иш лъикI бажарулеб буго духъа. Гьанже, республикаялъул нухмалъулевлъун дун тараб мехалда, дие бокьун букIана тIоцебе мунгун дандчIвазе ва сундаса дица хIалтIи байбихьизе кколебали дандбазе», — ян.
Гьесие жаваб гьабулаго, АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги абуна: «Ниж рази руго нухмалъулевлъун мун теялдаса. Улкаялъул президентас гьединаб хIукму гьабиялъе батила мухIканаб гIилла. 99-абилел соназда Владимир Владимировичас абуна, дагъистанияз жидерго ракьги Дагъистанги цIунулеб куц бихьидал, дие гьелги Дагъистанги жеги рокьанин. РакIчIун абила, хадубккунги жеги лъикI хIалтIизе руго нилъ цадахъ. Гьелде ахIула дица дир рахъкколев щивав чиги», — ян.
Гьебго къоялъ Владимир Васильев дандчIвана ДРялъул ягьудиязул жамгIиятазул советалъул председатель Валерий Дибияевгунги МахIачхъалаялъулги Грозныялъулги епископ Варлаамгунги.

 

РачIа республикаялъе гIоло хIалтIизе
Владимир Васильев: «Дагъистан лъугьине ккола халкъазда
гьоркьосеб рынокалъул аслияб транзитерлъун»

17 октябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Соб­раниялъул президиумалъул данде­лъиялда.
«ТIоцебесеб, дица сундаса хIалтIи байбихьизе бугеб ва щиб нилъеда тIадкъалеб бугеб РФялъул президентас – гьеб ккола, нилъ, тIоцебесеб иргаялда, республикаялъул пачалихъиял идараби, правовияб низамги цIунун, пайдаялъе ва заманалда рекъон хIалтIизе лъугьин. Гьеб буго бищунго кIвар бугеб иш. Гьеб тIалаб гьабулеб буго нилъедаса нилъер республикаялъул халкъалъ», — ан абуна Владимир Васильевас, депутатазде хитIаб гьабулаго.
Республикаялъе кIудияб кIвар бугеблъун гьес рехсана ракьазул масъалабиги. Гьелда бан, регионалъул цебетIеялъе квербакъулел законал къабул гьаризе ккелинги абуна. Васильевасул пикруялда, Дагъистана­лъул цебетIеялъе хIалтIизабизе бегьула гьелъул ругел нухалги. «Дагъистан буго Северияб Кавказалъеги Россиялъул югалъеги транспортияб коридорлъун. Гьеб рахъалъ жигаралда хIалтIизе ккела. Хехго ва цIикIкIарал харжалги гьаричIого, разе ккола нухал. Нух базеянги абун, ункъо млн гъуршил багьаяб ракьул кесек 40 млн гъуршиде бичун босизе бегьуларо.
Азербайжаналъулгун гIор­хъода, Самур гIоралда тIасан лъураб кьода аскIоб, Россиялъул ракьалда лъезе буго ракIалдещвеялъул гамачI. Гьениса бахъизе буго ункъо кьер гьабун машинаби хьвадизе рес кьолеб халкъазда гьоркьосеб шагьранух. Гьеб бачIине ккола Каспиялде щвезегIан ва гьелдалъун чIезаризе руго нилъер экономика цебетIеялъе санагIатал шартIал. ЛъикIаб шагьранухда сверухъ, берда бихьулаго, гIумру лъикIлъулеб гIадат буго. Дица ахIула гьеб тадбиралда гIахьаллъизе Халкъияб Собраниялъул председательги, фракциязул нухмалъулелги, районалъул вакилзабилъун кколел Пачалихъияб Думаялъул ва Халкъияб Собраниялъул депутаталги», — ян абуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес.
Данделъиялда бицана экологиялъул хIакъалъулъги. Дагъистаналъул берцинаб тIабигIат наслабазе цIунизе ни­лъеда тIадаб бугин абуна В. Васильевас.