ХIалтIул роцен – инвестициязул къадар

Вакиллъиялъул аслиял масъалаби ккола Дагъистаналъул мурадал цIуни

 

МоцIалъ цебе рес щун букIана дие Краснодар краялда анкь тIамизе. Дагьаб заманалда жаниб гьенир ккана гIезегIан батIи-батIиял лъугьа-бахъинал, дандеракIариял. Гьезда гьоркьор рукIана ракьцоязулгун дандчIваялги. Нусазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияс гIумру гьабулеб краялда буго «Цолъи» («Дагъистаналъул халкъазул маданияталъул центр») жамгIияб гIуцIиги. Газеталъул цебесеб номералда (№40, 13 октябрь) кьун букIана гьеб централде щвеялъулги гьелъул нухмалъулев Мурад МухIамадовасулгун гьабураб гара-чIвариялъулги хIакъалъулъ материал.

Гьенибго лъай-хъвай ккана МухIа­мад Нурудиновасулгунги. Гьев ккола Краснодар краялда вугев Дагъистаналъул вакил. Гьаб нухалда гьаниб бахъулеб буго гьесулгун гьабураб гара-чIвари.
— Жакъа лъана мун гьаб хъулухъалде тIамун вукIин. Кин къабул гьабураб дуца гьеб тIадкъай — дудехун бугеб божилъи хIисабалдайищ яги тIаде бегизабураб гьир гIадинищ?
— Дие цIикIкIун къваригIараб, дун хадув лъугьараб хIалтIиго бу­кIинчIо гьаб. Дун вуго, институт лъу­гIун хадуб, гIумруялъго гьаб краялда хIалтIарав чи. Дирго аслияб хIалтIуда вугеб заманалдаги гIемер кколаан дагъистаниязул масъалабазда гьоркьове. Гьединлъидал дун гьанив гIемерал ракьцоязда лъала. Дидаса цеве гьанив вукIарав вакиласе пенсиялде ине заман щун букIана. Дида щибго абичIого, гьаниса 4-5 чи ун вукIун вуго Дагъистаналъул бетIерасухъе, дун вугин гьаб хIалтIуде тIамизе мустахIикъав чийин абизе. Гьедин ккана гьаниве. Гьабизе хIалтIи гIунги тIокIаб бугониги, гьаб хъулухъалда тей диде гьабураб кIудияб божилъи хIисабалда къабул гьабуна.
ХIакъикъаталдаги гьаб хIалтIи букIине кколеб даражаялда бачине ккани, хIажалъула дипломатияб махщел. Гьелде дун ругьунав вукIинчIо.
Гьанир ругел дагъистаниязда гьоркьобги кидаго гуро роцIцIараб хIал букIараб. Камун рукIинчIо рикьалаби. Гьанже, гьаб центр гIуцIун хадуб, нижее бокьун буго краялда ругел киналго дагъистаниял гьелда сверухъ цолъизаризе. Киналго цадахъ ругони, хIалтIиги бигьалъула, хIасилги ккола.
— Вакиллъиялъул хIалтIул аслияб, кIвар бугеб «хIубилъун» щиб рикIкIине бегьулеб?
— Дагъистаналъул бетIерас вакиллъиялъул рахъалъ тасдикъ гьабураб «положение» буго. Гьелда рекъон, вакиллъиялъул аслиял масъалаби ккола Дагъистаналъул мурадал цIуни, захIматал шартIазде, къварилъуде ккарал дагъистаниязул ихтиярал цIуниялъе квербакъи, гьанир цIалулел, хIалтIулел, армиялда хъулухъ гьабулел ракьцоязе бегьулеб кумек гьаби. ЦIакъго кIвар бугеб иш буго гьаниса Дагъистаналде инвестициял тIалаб гьари — гьезул къадаралъ борцуна вакиласул хIалтIи ва кьола гьелъие къимат. Гьелдаса нахъе ккечIеб суал буго Дагъистаналъул къадру цIуни. Гьеб мурадгун тIобитIизе ракIалда буго «ХъахIал къункъраби» тадбир. Гьелда гIахьаллъизе ахIун руго краялдаса ва Адыгеялдаса шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, студенталги ва цогидалги. Гьениб бицине буго нилъерго тарихалъулги, маданияталъулги, гIадат-гIамалазулги, гIемераб цогидалъулги хIакъалъулъ. ТIадеялъул тIоритIизе ракIалда буго «Дагъистаналъул маданияталъул къоял». Гьел тадбирал тIоритIиялъул ва гьединалго хIал­тIаби гьариялъул аслияб мурад буго дагъистаниял лъикIаб рахъалдасан рихьизари.
— Жакъа Дагъистаналдаги Краснодар краялдаги гьоркьоб бицине гIураб экономикияб бухьенго бугищ?
— КIиго рагIудалъун абуни, гIураб да­ражаялда гьечIо. Гьединаб бухьен бу­го базаргабазул, ай гьаниса биз­несчагIаз нилъер добаса босула конь­я­­к, нилъераз гьаниса босула чакар, ролъ, нах. Гьеле гьеб къваригIун буго тIадегIанаб даражаялде бахинабизе, бича-хисулел нигIматазул, къайи-цIаялъул къадар цIикIкIинабизе ва гьеб кинабго цо нухде ккезабизе.
— Шагьаралъул администрация­лъулгун кинал бухьенал ругел?
— МахIачхъалаги Краснодарги руго вацлъи лъазабурал шагьарал. БитIахъе бицани, цебеги гьезда гьоркьор рукIана лъикIал бухьенал, гьезул даража гьабсагIатги гIодобе ккун гьечIо. Дагьаб захIмалъулеб букIана краялъул администрациялда ниж ричIчIизе. Дагь-дагьккун рагьулеб буго гьенибеги нух.
— Нилъер гьаб гара-чIвариялъул ахи­ралда бугищ абизе бокьараб жо­го?
— Дие гIумруялъго бокьулаан, жа­къаги бокьун буго нилъ цо чи гIадин рукIине, цоцаца кквезе, цоцазул хIур­мат гьабизе. Дие цIакъ бокьун гье­чIо магIарулазда гьоркьор рикьала­би рукIине, ракIунтула гьединал хIужаби загьирлъидал. Кинал­го магIарулаздехун буго гьари — рукIа гъункун, цолъун, ккве цоцаца.

Гара- чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.