18 февралалда республикаялъул журналисталгун дандчIвана сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимов. Журналистаз суалал кьелалде, сахлъи цIуниялъулъ ругел лъикIал хIасилазул бицана гьес. Масала, исана 5 млрд гъурщидалъун цIикIкIине бугила «Сахлъи цIуни» абураб миллияб проекталъе Дагъистаналде биччалеб гIарац. ГIагараб анлъго соналда жанибин абуни гьеб проекталда тIад харж гьабизе буго 20 млрд гъурущ. Гьелдалъун тIалъиялда ракIалда буго республикаялда цо-цо...

