Чан чиха нилъер вугев?

Улкаялда гIумру гьабун ругел гIадамазул къадар мухIкан гьабиялъул мурадалда, Росстаталъ исана тIобитIизе буго халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабиялъул тадбир.Гьелъул хIасилалда нилъеда лъазе буго халкъалъул гьоркьохъеб ригь, руччабазул ва бихьиназул къадар. Хъвай-хъвагIай гьабиялъул тадбир исана тIоцебесеб нухалда гIуцIизе буго тарихазул технологиязул кьучIалда.
Гьелде тIадеги щивав чиясе рес щвезе буго жиндир хIакъалъулъ баянал жинцаго гъорлъе ккезаризе. Гьединаб рес кьолеб буго Госуслуги абураб порталалъ. Гьеб порталги рагьун бажарула МФЦялъул сайталда бугеб щивасул кабинеталъул кумекалдалъун.
2020 соналда халкъалъул хъвай-хъвагIай гьабулаго, гIадамазул цIарал бачIинахъего хъвазе руго мобильнияб приложениялда, ай кагътил вариантаздаса инкар гьабулеб буго. Гьелъул мурадалда хIадурун буго переписалъул хасаб электронияб тIамачги. 
Интернет-перепись байбихьула тIоцебесеб октябралда ва халат бахъине буго 25 октябралде щвезегIан. 4-27 октябралда хъвай-хъваял гьаризе руго хасал хIалтIухъабаз – щивасул азбаралдеги щун, планшеталда яги ноутбукалда. GPS-навигаторалъул кумекалдалъун, гьезул букIине буго Росстаталъулгун битIахъеяб бухьенги.
Хъвай-хъвагIай гьабулеб мехал­да, гьикъизе буго щивасул цIар, ригь, жинс, гражданство, хIал­тIу­лев вугищали, миллат, батIи-ба­тIиял мацIал лъалищали, къва­тIисел улкабазде щвеялъул ва цо­гидалъулги хIакъалъулъ.