Россиялда – анкьабилеб бакI

19 февралалда Каспийскиялда кIодо гьабуна ВатIан цIунулезул къо. Байрам гIуцIун букIана Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб Каспийскиялъул ралъдал кадетазул школа-интернаталда (КМШИ). Гьелда гIахьаллъана шагьаралъул школазул тарбия кьеялъул рахъалъ директоразул заместителалги, ДРялъул ГIолилазул ишазул министерствоялъул ва Каспиялъул флотилиялъул вакилзабиги, Совет Союзалъул ва Россиялъул БахIарзазул хIакъалъулъ тIехьалъул автор Зикрула Ильясовги.

Байрам байбихьана кадетазул интернаталъул цIалдохъабазе шапакъатал кьеялъул тадбиралдаса. Гьенив кIалъазе вахъарав ДРя­лъул ГIолилазул ишазул министерствоялъул гIолилазул централъул директорасул заместитель Рашид ГIабдулаевас бицана 2019 соналда КМШИялъул кадетаз тIоцебесеб бакI ккунин «Зарница» абураб рагъулабгун патриотияб тарбия кьеялъул тадбиралда. Гьелъул хIасилалда команда гIахьаллъанин ТIолгороссиялъул къецалдаги. 80 командаялда гьоркьоб КМШИялъул кадетал мустахIикълъанин анкь­абилеб бакIалъе. Абизе ккола, ра­гъулаб лъаялъул рахъалъ тIоритIарал къецазда Дагъистаналъул кадетазе тIоцебесеб бакIги щвана гьениб.
«Кадетазул хIаракаталдаса ра­зи вуго дун. Нуж руго рукIинесел ба­хIарзалги нагагь хIажалъани, тIо­цебесеб кьерда ватIан цIунизе рахъунел аскариялги. Жакъа дида бихьана нужер махщел, цокIалго хIетIе босизе бажари, пуланаб масъала тIубазабизе цадахъ рекъон хIалтIизе куцан ругеблъи», — ян бицана Зикрула Ильясовас.
МахIачхъалаялъул Рагъулаб реццалъул музеялъул директор Жаннет Сагидовалъ школалде рачIун рукIана МухIамад ХIажиевасул хIакъалъулъ бицунел материалалги. Масала, гьес нухмалъи гьабулеб букIараб гамил макетги, гама гъанкъараб бакIалдаса, ай ралъдал тIиналдаса босараб гамачIги, БахIарчиясул рагъулаб шинельги ва цогидал экспонаталги.