Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал «Сугъралъ» агрофирма ккола районалда бищун кIудияб, гIияхъанлъи-боцIухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда цебесеб кьерда бугеб магIишат. 1931 соналда гIуцIараб гьелъ, батIи- батIиял цIаразда гъоркь, нахъа тана гIемер захIматаб, гIезегIан хIалуцараб, хадубккунги жиндирго чIванкъотIараб рахъ босараб, бечедаб тарихалъул нух. 11 сентябралда гьелъ кIодо гьабуна жиб гIуцIаралдаса 90 сон тIубай. Тадбир тIобитIана Хъумторхъала районалда...
