21 маялда цIех-рехал гьариялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб федералияб централда (РАНалъул ДФИЦ) цебе ХIажи ХIамзатовасе памятникги лъуна, гьесул хIурматалда гIелмияб конференцияги тIобитIана. Гьенир данделъун рукIана гIалимчиясул гIага-божарал, районцоял, ишцоял ва гьесул ирсалъул къимат гьабулел ракьцоял. Памятник гьабун буго скульптор Шамил КанайхIажиевас. Гьеб ккола гIалимчиясе республикаялда лъураб тIоцебесеб памятник. ГIурусазул классик Лев Толстоясегун наиб...
