Новость на родном

Дунаялъул рагIалда хьитал

Дунаялъул рагIалда, тIаса хьиталги рахъизарун, эхетизарулаан жугьутIал. Гьезул щивасда нахъа вахъун чIолаан кодоб таманча ккурав чIвадарухъан. Гьез речIчIулаан ботIролъ. ЧIварал рортулаан гIурулъе ва жаназаги букъизе кколароан.   Гьеб вахIшияб иш Будапешталда гьабуна 1944-1945 соназул хасало нацистазул «Скрещённые стрелы» абураб партиялъул вакилзабаз. Гьеб партия Венгриялда гIуцIана 1937 соналда. Радикалияб хасият букIин хIисабалдеги босун, Венгриялъул хIукуматалъ чанцIулго...

Новость на родном

Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул…

Бигъараб гIомо Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго,Бичизе, чучизе кодоб босуге,Гьелда рарал гарцIал дир магIу буго,БитIизе гьабизе тIад квер бахъуге. Жеги мергуялда кьурун букIаго,Кьурун жемараб гьеб бартул шанкIлида,Долъ дунялги сверун юргъа бачараб,Дир гIумруялъул кун хадуб цIалаго. Гьелда рарал кIичIал цоцалъан раккун,Цоялъ цояб гъанкъун къвакIи бижараб,Жиб-жибалда жанир чIинхалги гIунун,ГIодиги угьдиги дихъе бачIараб. Амма кинаб квекIен данде...

Новость на родном

«Лъалхъизе ракIалда гьечIо…»

Гъизилюрт район гIуцIана 1944 соналда. Гьелъул ракьалъул гIатIилъи буго 524 кв. км. Гьениб гIумру гьабулеб буго 72 азарго чияс: 83,5 процент ккола магIарулал, 10,5 процент — лъарагIал, 2,5 процент — чачанал, 1,5 процент — тумал ва цогидалги.  Районалда гьоркьобе уна 13 муниципалияб гIуцIи (16 росу), гьелъул центр ккола Гъизилюрт шагьар. 2013 соналдаса нахъе районалъул бетIерлъун вукIана Шамил районалъул ТIелекь росулъа...

Новость на родном

ЛъикIал лъалкIал тун арал кIочон толаро

Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа АхIмад МухIамадов 1947 соналда лъугьана В. М. Ломоносовасул цIаралда бугеб МГУялъул тарихалъул факультеталде цIализе ва 1953 соналда лъугIизабуна. Гьебго соналъ хIалтIана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул тарихалъул кабинеталъул заведующийлъун. 1954 соналда МГУялъул аспирантураялде цIализе лъугьана ва лъугIизабуна 1957 соналда. ГIолохъанав гIелмабазул кандидат хIалтIана ДАССРалъул Сонархозалъул председателасул кумекчилъун, 1958 соналдаса байбихьун — Дагъистаналъул пачалихъияб...

Новость на родном

РитIухълъиялъул генерал

«Художникас нахъе тола рахъарал суратал, хъвадарухъанас – къисса-би, романал, поэтас – кучIдул. Юристас щибха нахъе толеб? Юристасе ас-лияб жо буго гьес гIадамазе гьезие захIматаб заманалда гьабураб кумек,гьел ритIараб нухде ккезари. Закон цIунулезул гIумруялъул хIасиллъункиданиги батуларо я гIарац, я тIадегIанал хъулухъал. РитIухълъицIунаралъухъ халкъалъ гьабулеб къимат – гьеб буго юристасул унго-ун-гояб бечелъи, нахъе тараб давла!» — гьедин...

Новость на родном

Заназда цIализе цIарал гурони, ЦIар ахIизе гьечIехъ унтула керен

— ГIумру, лахIзаталъ лъалхъе!— Дир заман гьечIо. Киназулго гьари тIубазе кIоларо. — Щай? — Дуда рагIичIебищ гьаб хабар?— Кинаб?— Цоги лъикIав инсанас тана дуниял. Камуна гьесул гьимиги, сабруги, гIакълуги сверухъ ругезе. Диеги бокьун буго гьесухъ угьдизе. Те дун цодагьалъги дирго пикрабазда. Бокьун буго цоги, ахирисеб нухалда гьесул хIакъалъулъ гIадамазе бицине.   Диргун къо-лъикIги гьабун, ахирисеб...

Новость на родном

Камуна миллаталъе шагIир

Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа КъурбангIалил хъизамалда гьавурав МухIамад ПатахIов гьитIинго машгъуллъана кучIдул хъваялде. Школалда цIалулел соназдаго гьесул асарал рахъана «РосдалзахIматчи», «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газетазда, «Гьудуллъи», «МагIарулай» журналазда. Гьединлъидал ГIарани росдал школаги республикаялъул культураялъул училищеги лъугIарав гIолиласе,Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул квербакъиялдалъун рес щвана Москваялъул М. Горькил цIаралда бугеб Литературияб институталда цIализе лъугьине.    1986 соналдаса байбихьун МухIамадица къватIире риччана...

Новость на родном

Аллагьас борцина лагъас тараб лъалкI

…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,Машинаялъ ина дунги росулъе;Амма росулъа чи къаникь лъолелъул,КъварилъичIев дова хутIиларо чи. …РекIел гъварилъуда бегараб рухIел,БухIараб магIица гьурщула къватIиб.Анищлъун хутIараб тIокIкIараб рокьи,Зоноде бикьидал, бигьуна ургъел…

Новость на родном

«Меседил мугьал» рищун кьуна магIарулазе

  ЦIикIкIараб гIелалъул гIадамазда, хасго педагогазда ракIалда вати­ла Буйнакскиялъул педагогикияб училищеялда авар мацIалъул дар­сал кьолев вукIарав МухIамад ГIабдулаев. Гьев гьавуна 1924 соналда ЦIумада районалъул Лъондода росулъ. Анкьго класс росдал школал­да лъугIизабурав гьев КIванада байбихьул школалде учительлъун хIалтIизе витIана.       Рагъул соназда росулъ 8-9 классал­ги къан, анкьго класс лъугIизабурал гIолилал районалъул росабалъе учительзабилъун хIалтIизе...

Новость на родном

Алжан насиблъаяв нижер ПатахIов

Алжан насиблъаяв нижер ПатахIов,   ХIулилъун лъугьайги дуй ракьул бусен. Меседил рухI босун, вуссараб лахIту ХIалкIолесул нуралъ гвангъаги дуе.