Дунаялъул рагIалда, тIаса хьиталги рахъизарун, эхетизарулаан жугьутIал. Гьезул щивасда нахъа вахъун чIолаан кодоб таманча ккурав чIвадарухъан. Гьез речIчIулаан ботIролъ. ЧIварал рортулаан гIурулъе ва жаназаги букъизе кколароан.
Гьеб вахIшияб иш Будапешталда гьабуна 1944-1945 соназул хасало нацистазул «Скрещённые стрелы» абураб партиялъул вакилзабаз. Гьеб партия Венгриялда гIуцIана 1937 соналда. Радикалияб хасият букIин хIисабалдеги босун, Венгриялъул хIукуматалъ чанцIулго гьукъана гьелъул хIаракат, амма нахъеги цIи гьабулаан гьеб. Ахирги, 1944 соналъул октябралда, улкаялъул нухмалъиялде ккана Германиялъул рахъ кколеб хIукумат. Гьелдаса нахъе «Скрещённые стрелы» партиялда куркьбал гъуна: гьелъие щвана бокьухъе мурадал тIуразаризе ихтияр.
Будапешт фашистаздаса эркен гьабуна 1945 соналъул январалъул ахиралда.
ГьабсагIат тIад руссине ратила хьитазул бетIергьаби
Венгриялъул тахшагьаралда, Дунаялъул рагIалда тIиритIун руго бихьиназулги, руччабазулги, лъималазулги хьитал. Роол заманалда ракIалде ккола, рагIалда хьиталги рахъун, гьезул бетIергьаби гIурулъ чвердолел ругин ва кватIичIого гьел тIад руссинин абун.
Хьитазде аскIоре щведал бичIчIула, мекъи ккун вугеблъи: гьединал хьитал гьанже лъицаниги ретIуларо; тIадежоялъе гьел ретIизего бажаруларо – хъазмил гьарурал ругелъулха гьел. Гьел хьитаз бакIаб асар гьабула рекIее. Щай гьел, хъазмил хьитал, гьенир ракIарун ругел? Сверухъе балагьидал, бихьула хьонбакI ва гьелда кьабураб хъорщода гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьениб лъабго батIияб мацIалда хъван буго 1944-1945 соназул хасало Дунаялъул рагIалда гIемерав чи, гьездаго гьоркьор жугьутIалги чIванин абун.
Гьеб мехалда лъала гIаламалъулго ракI гъанцIизабулеб Холокосталъул къурбаназул памятник гьеб бугеблъи.
ГIумруялъул ахирисел лахIзатал
19 сон барав Томми Дик вукIана жугьутIав. Хасало, нацизмалъул ахирисел къоязда, гьесул рокъоре кIанцIана яргъид гIуцIарал «Скрещённые стрелы» партиялъул вакилзаби. Гьеб букIана жугьутIаздаса шагьар эркен гьабиялъул мурадалда тIобитIулеб полициялъул рейд. Томмида цадахъ гIумру гьабулеб букIана гьесул гIагарал чагIи Эрикацаги Андрисицаги. Гьез гьев вахчана, амма полициялъулазда ватана. Хал гьабуна суннат гьабун бугищали ва киналго рахинаруна машинаялде.
Томмица ракIалде щвезабула: «ХIинкъи букIинчIо дир рекIелъ – гьалдолеб букIана ццим. Гьабизе жоги лъаларо, лъутизе ресги гьечIо. Дида лъалаан, гIумруялъул ахирисел лахIзатал тIаде щун ругеблъи.
Нацистаз хьитал рахъизаруна. Рагъул заманалда басриялцин хьитазул багьа букIана – гьел ричулаан, кванил нигIматазухъ хисулаан. Дунай гIоралдеги руссинарун, хIатIида гIицIго цIорораб рагIалда кьерда чIезаруна ниж. Щивасда нахъа эхетана чIвадарухъанги», — ян.
Хвалда цересел секундал цIакъ халаталлъун рихьанилан бицунеб буго Томмица. Гьесда киданиги кIочонароан жиндир яс чIаго теян гьардолей йикIарай чIужугIаданалъул гьардей. «Кьвагье!» — ян буюрухъ рагIарабго, хьолбодехун буссинабуна гьес бетIер– кин чи чIвалевали вихьизе ва жиндир гIумруялъе ахир щванин абураб пикруялдаса ватIалъизе хьулалда. Гьеб мехалда бахъана кьвагьи, гулла щвана нилъазукь ва гьев лъавудаса ана. Лъавуде вачIана, Дунаялъул цIорораб лъелъе ккедал. ГIуруца восун унев гьев чIаго вугищали хал гьабичIо нацистазги…
Венгриялда нацистазул хIукумат хIалтIана бащдаб лъагIелгIанасеб мехалъ. Гьеб заманалда Дунаялъул рагIалда чIвана лъабазаргоялдаса цIикIкIун чи. ЧIваразул сияхI гьабулароан, ва жаназабиги унаан гIоралъ росун.
Хъазмил хьитазе памятник
Венгриялъул машгьурав режиссер Янош Кен Тогайда ракIалде ккана гIурул рагIалда чIварал жугьутIазе памятник гьабизе. Гьес жиндир пикру загьир гьабуна скульптор Дьюле Пауэртие. КIиязулго рекIее кIудияб асар гьабуна гIурул рагIалда бахъараб хьитил сипаталъ. Гьез кьочIое росана 60 чиясул хьитал – гьедигIан чи чIвалев вукIун вуго нацистаз щибаб нухалда. Гьелдаса хадуб гьез цIех-рех гьабуна доб заманалда гIадамаз тIад ретIулел рукIарал хьитазул. ГьабсагIаталда мемориалалда лъурал хьитал руго рагъул соназда гIемерисез ретIулел рукIарал.
«Дунаялъул рагIалда хьитал» абураб мемориал рагьана 2005 соналъул 16 апрелалда. Гьеб мехалда мемориалалда букIана 120 хьит, ай 60 жут. 2012 соналда гьениса хьитал рикъун ана – ракIалде щвеялъе лъицаялиго ун ратила. Гьенир ругел хьитазул цоял руго басралъарал – гIемераб заманалъ тIад ретIаразда релълъарал; цоял руго гIисинлъималазул, бихьиназулгун руччабазул. Гьел лъун гьечIо чIара-хьараб тартибги цIунун – рагIалалъул 40 метралъ тIиритIун руго гьел, чвердезе унел гIадамаз гьабсагIат тIаса рахъарал гIадин. Хьитазда гьоркьор кидаго ракун рукIуна хIедучирахъалги жугьутIазул мацIалда хъварал кагъталги. Гьезда жаниса камуларо тIугьдузул квацIабиги – гьел лъола Холокосталъул къурбаназул гIагарлъиялъги дол соназул вахIшиял ишаз ракI бекизабурал гIадамазги.