Буйнакск районалъул Хъараниса Акаев Нажмудиница 28 соналъ хъулухъ гьабуна СССРалъул ва хадубккун Россиялъул балъгояб аскаралъул хасаб батальоналда. Гьев хIалтIана диверсантал хIадурулеб школалда инструкторлъунги, рагъулал цIалул идарабазда преподавательлъунги. КIиго лъагIелалъ Афгъанистаналда вукIарав гьесулгун гара-чIвари тIобитIана нижеца. — Нажмудин, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ? — 1965 соналда дица лъугIизабуна Орджоникидзеялда (Владикавказ) бугеб рагъулаб училище. ВитIана хIалтIизе....

