ЦIех-рехазул Дагъистаналъул федералияб централда (ДФИЦ) тIобитIулеб буго гIелмияб сессия. Январалъул ахиралда байбихьараб гьеб халалъизе буго ГIелмуялъул къоялде, ай микьабилеб февралалде, щвезегIан.28 январалда гIелмияб сессия тIобитIана ИЯЛИялда. Гьелда гIахьаллъана ДФИЦалъул президиумалъул председатель Къурбан Акаевги. Данделъиялда гьаруна 2019 соналда гIуцIун рукIарал тадбиразул ва гьабураб хIалтIул хIасилал. Адабияталъулги, искусствоялъулги, фольклоралъулги, грамматикиял цIех-рехазулги ва лексикаялъулгун лексикографиялъулги отделазул нухмалъулез бицана...
Гранталъул къисмат
Федералияб хIукуматалъ республикаялъе грантазе кьун буго 1 млрд 267 млн гъурущ. Республикаялъул бетIер Владимир Васильевас лъикIаблъун бихьизабуна гьеб гIарац сунда тIад хIалтIизабизе бугеб абураб суал халкъалда гьоркьоб лъей. Гьелъие чIезабун букIана лъабго бутIа; тIоцебесеб — гIадамазул пикраби ракIари; кIиабилеб — онлайн–гьаркьал кьей тIобитIи; лъабабилеб — ахирисеб хIукму къотIиялъе хIасилал республикаялъул нухмалъиялда цере роси. ТIоцебесеб бутIаялда нилъер гIадамаз бихьизабуна жигараб...
Кутузги кумек гьабуна
27 январалда 70 сон тIубана фашистазул аскаралъ сверун ккураб Ленинград эркен гьабуралдаса. Гьелъул хIурматалда МахIачхъалаялъул №5 лицеялда тIобитIана «Блокадаялъулаб Ленинград» абураб ракIалдещвеялъул тадбир. Ракъи-къечалъулгун квачалъул зулму хIехьараб бахIарчияб шагьаралъул тарих берцинго рагьана тадбиралда гIахьаллъарал лицеялъул цIалдохъабаз. РакI бахиллъана гьезул пагьмуялда, бицунелда гъорлъе раккизеги доб заманалъул захIмалъи рекIелъе биччазеги бугеб бажариялда. Гьадинал цIалдохъаби рукIаго, ватIаналде рокьи...
МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон
2020 соналъул 25 январалда, Москваялъул ХIукуматалъул Концертазул залалда тIобитIана генерал-полковник МухIамад Танкаевич Танкаев ракIалде щвезавиялъул, гьесул 100 сон тIубаялъе сайгъат гьабураб данделъи. Гьеб тадбиралъул гьалбадерида бихьизабуна, КIудияб Бергьенлъиялъул тарихалъулъ бищунго гвангъараб бутIалъун лъугьараб хвалил лагерь Освенцим эркен гьабиялъул гIаламатлъун лъугьараб, цогидаз мисал босизе мустахIикъаб МухIамад Танкаевасул гIумруялъул нухалъул хIакъалъулъ М. Шахмановас бахъараб...
Гьев даим вукIина росулъа васлъун
«БатIияв вукIине изну букIинчIо» абураб ПатIимат ГьитIиновалъул ОАО «Концерн КЭМЗалъул» генералияв директор Ибрагьим АхIматIовасул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация букIана араб анкьалда Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда. ТIехьалъул бицине данделъун рукIана магIарулазул интеллигенциялъул вакилзаби, гIадатиял гIадамал, АхIматIовасул ракьцоял. Тадбир нухда бачана авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас. Гьес къокъго бицана тIехьалъул авторалъул ва гьелъул аслияв...
Инсанасул ихтиярал цIуни– жамгIияталъул аслу
Гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалъул рокъоб араб соналъ гьабураб хIалтIул хIасил гьабуна республикаялъул БетIерасда цебе бугеб жамгIият цебе тIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъ. Данделъи рагьулаго, Советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана Россиялъул Президентас Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалда инсанасул ихтиярал цIуниялде, халкъалъул рукIа-рахъиналъул даража борхизабиялде кьураб кIваралъул ва нилъер республикаялда гьел суалазда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул ва араб...
Гьобол вачIунареб къо бачIунгеги
Нилъер щивасул буго гIумруялъулги гIадамазулги тIехь. Зама-заманалдасан гьенире раккидал, нилъеда ратула цIакъго хириял тIанчалги. Унго-унголъунги гьезулъ батулебщинаб хинлъиха. Гьел мухъаз гIажаибго берцинал накъищал угьун рукIуна нилъер къисматалда. Гьалбадерил горсверуда бижун бачIунебщинаб махсара-хочIги рекIелгъейги. Щибдай гьединаб берцинаб гIадаталъул багьа! Анкьумумузго нилъехъе ирсалъе кьураб гьеб берцинаб гIадат-гьобол къабул гьави — жакъаги тIегьалеб буго. Гьоболасе гьабулеб адаб —...
МагIаруллъи хисун батана
ЦIияб соналда цересел къоязда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде вачIун вукIана, турист хIисабалда Дагъистаналде щварав, Гуржиязул Тушетиялдаса Земо-Алвани росулъа ГьерекIли Арабули. Дагъистаналде вачIиналъул хIакъалъулъ гьес бицана: — 1957 соналда Типлисалда букIараб Закавказьеялъул аэрогеодезикияб предприятиялъ (АГИ) Грозный шагьаралда чIей букIараб 82-абилеб номералда гъоркь хIалтIулеб экспедициялда цадахъ Типлисалъул топографиялъул техникумалъул ункъабилеб курсалда цIалулел ниж альпинизмалъул ва геодезиялъул производствияб...
Статус гьечIолъиялъул квалквалал
Хасавюрт районалъул гочинабун гIи-боцIи хьихьизе кьун рукIарал ракьазда буго ЛъаратIа районалъул росабалъа рачIарал гIадамаз гIуцIараб Журмут росу. Гьеб росдал гIадамазе гIумру-магIишат гьабизе ругел захIмалъабазул, жамагIаталда церечIарал масъалабазул, тIуразе кколел суалазул хIакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рехсараб росдал бетIерасул ишал тIуралев ва гьеб росдал СПКялъул председатель МухIамад МухIамадовасулгун: — МухIамад, росдае кьураб Журмут...
ГодекIан
«ГодекIан лъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалъ гIодор чIечIони». Гьединаб аби буго магIарулазул. Анкьумумулъанго бачIараб гIадаталда рекъон, годекIан — гьеб кколаан лъикIабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гIузраби дандралеб, харабаз тIаде гIолеб гIелалъе тарбиялъул дарсал кьолеб, жакъасеб мацIалда абуни, жамгIияталъул унго-унгояб институт. Амма жакъа годекIан гьединаблъун гьечIо, хIатта годекIанин абураб рагIицин гIемер хIалтIизабуларо. Бокьараб росулъе щвани,...