ХIужаби ва баянал

2019 соналда МахIачхъа­лаялъул ЗАГСалда гьабуна 3800-ялдаса цIикIкIун ригьин гьабиялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай. Гьезул гIемерисез хъизам гьабуна тIоцебесеб нухалда. 
2020 соналъул январалдаги рехсараб ЗАГСалда къабул гьабуна ригьин гьабизехъин бугел гIолилазул 500 гIарза ва жеги 350 ригьнал хъвай-хъвагIайги гьабуна. 
Щибаб моцIалда батIи-батIиял миллатазул вакилзабаз гIуцIула анцIила щугониги цIияб хъизам. Дагъистанияз ригьнал гьаруна СШАялъулги, ГIизраилалъулги, Германиялъулги ва Великобританиялъулги гражданазулгунги. Машгьурлъун руго Кувейталъулги, Иорданиялъулги, Турциялъул­ги, Сириялъулги гражданазул­гун ригьналги. Аслияб къагIи­даялда рехсарал улкабаздаса бихьиназе рачунел руго нилъер руччаби.
Ригьнал гьарулел руго 25-30 сон барал гIолилаз. Гъоркьисала 81 сон барав чияс ригьин гьабуна 77 сон барай гIаданалъулгун.