Аслияб законалда гьарурал хиса-басиязда мухIкан гьабун буго хъизамалъул гIадатиял, ай халкъалда рилълъанхъарал къанунал цIуни – «хъизам, эбеллъигун эменлъи ва лъимерлъи цIуни; бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги гьоркьорлъабазул аслияб къагIидалъун ригьин гьабиялъул институт рикIкIин;лъималазе хъизамалда тарбия кьеялъеги, гьединго балугълъиялде рахарал лъималаз эбел-инсул тIалаб гьабиялъеги мустахIикъал шартIал гIуцIи» (72-абилеб статьяялъул тIоцебесеб бутIаялъул ж1 пункт). Гьелде тIадеги, кIвар кьолеб буго: «Россиялъул...
