РФялъул цIигьабураб Конституциялда гIадамазул ихтиярал

Россиялъул Конституцияллда хиса-басиял гьариялъул аслияб магIна ккола улкаялъул гражданазул социалиял ихтиярал цIуни, щайгурелъул гьел хиса-басияз жеги мухIкан гьаруна социалиял ихтиярал цIуниялъулъ пачалихъалда тIадаб борчалъул хIакъалъулъ бицунел нормативазда рехсарал баянал.

Аслияб ишалъулаб нормалъун букIине буго социалияб рахъалъ бугеб пачалихъалъул борч. Масала, бищун дагьаб моцIрол харж бащалъизабулеб буго моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул къадаралде (МРОТ). Щибаб соналда гьабизе буго пенсиязул индексацияги.