Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб, хъизамал риххунгутIиялъул рахъалъ лъабабилеб бакIалда буго Дагъистан. Азарго ригьнада гьоркьоса бищунго цIикIкIун ригьнал риххун руго Сахалин областалда. Бищун дагь – Чачаналда, Ингушетиялда ва Дагъистаналда. Росстаталъул баяназда рекъон, 2018 соналда Россиялда данделъун буго 967000 хъизан ва гьебго заманалда жаниб ратIалъунги руго 613000 рос-лъади.Дагъстаталъул баяназда рекъон, 2020 соналъул январалда ригьин гьабун буго 793 хъизамалъ,...
