ГIалимзаби — Аллагьасул рахIмат

ГIолеб гIелалъ мисал босизе мустахIикъал бусурбабазул кьеразулъ вуго ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб территориалияб округал­да бугеб маслихIат гьабиялъул отделалъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул имамзабазул советалъе щуго соналъ нухмалъи гьабурав ГъазимухIамад Абакаров.

ЦерегIанго къоязда гьес цIунана исламиял гIелмабазул докторлъи­ялъе диссертацияги.

Гьеб рохел гIахьал гьабун, Унсоколо районалда тIобитIана мажлисги. Гьелда гIахьаллъана ГъазимухIамадил гIага-божаралги, диниял церехъабиги, районалъул администрациялъул вакилзабиги. АхIана нашидал, бицана исламалъул гIалимзабазул гIумруялдаса лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.

Тадбиралда гIахьаллъарав ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад Кахаевас бицана Дагъистан кколин гIалимзабазул ватIанилан. «Гьа­ниб бан букIана Европаялдацин гьечIеб гIадинаб ва динияб тари­халда кIудияб лъалкI тараб исламияб университет. ГIалимзаби руго нилъер жакъаги – гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул рахIмат», — ан абуна гьес.

Нижее рес щвана ГъазимухIамад Абакаровасе цо чанго суал кьезеги.

 

— ГъазимухIамад, кинаб темаял­да хъвараб дуца гIелмияб хIалтIи? Цогидал гIалимзабаз щиб тIаса би­щун букIараб гIалимчиясул цIар цIунизе?

 

— ТIадегIанав Аллагьасе шукру, нижее рес щвана гIелмияб хIалтIи цIунизеги тIадегIанаб цIаралъе мустахIикъаллъун рахъинеги. Ал­лагьасул цIобалдалъун ва Гьесул квербакъиялдалъун ккараб иш буго гьеб. Дида цадахъ диссер­тация цIунана жеги лъабго чияс. Гьел руго камилаб лъайги бажа­риги бугел гIалимзаби. Масала, АхIмад ГIисаев ккола къогоялда­са цIикIкIун соналъ гIелмуялда тIадчIарав чи. Гьес дарсал кьола Дагъистаналъул исламияб уни­верситеталда (ДИУ). Эсенбулат ЯхIияев вуго бищунго захIматал суалазе жаваб кьун бажарулев гIалимчи. Гьевги хIалтIулев вуго ДИУялдаги ДГИялдаги (Дагъиста­налъул гуманитарияб институт). Рашид ГIалимурадов – теологиялъ­ул ва социалиябгун гуманитарияб кафедраялъул кIудияв преподава­тель.

Гьайгьай, киназулго диссертациязул букIана исламияб диналда хурхараб тема. АхIмадица хъвана фикъгьиялъул, ай исламияб юриспруденциялда тIасан. Гьесул диссертациялда бицунеб буго риба гьабиялъул хIасилалда рукIунел со­циалиялгун экономикиял масъала­базул хIакъалъулъ. Эсенбулатица кIвар кьолеб буго гIараб мацIалда рахъарал исламиял тIахьазулъ рех­солел гIакъидаялъул суалазде. Ра­шидица хъван буго Къуръаналъулъ бицен гьабулел правоялда хурхарал масъалабазул хIакъалъулъ. Дица гьабуна имам Бадрудин МухIамад аз-Заркашил “Бахру-ль-мухит’ фи усули-ль-фикх” абураб тIехьалъул диниябгун тексталъулаб анализ.

 

— Бокьилаан дурго хIалтIуе да­гьаб гIатIидго баян кьуни…

— Имам Бадрудин МухIамад аз- Заркаши вукIана машгьурав та­рихчи, гIалимчи ва дагIватчи. Гьес хъван руго гIемерал тIахьал. Ва «Бахру-ль-мухит» ккола гьесул машгьурал асаразул цояб. Гьеб тIехь къачIалеб букIана дица – гьеб батана цIакъ захIматаб ишги. Мугь бищулеб кинигин ракIаризе ккана баянал, щайгурелъул я Интерне­талда, я цогидаб бакIалда гьечIо хIажатал баянал. Аллагьасе рецц, гьеб масъала тIубан бажарана.

Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула, цогидалги хIалтIанин гьесул аса­разда тIад, дуца гьабураб тIехьалъул батIалъи щибин абун. РакIчIун аби­ла, гьедин мухIканго шаргIалде рекъон кколеб къагIидаялда гьеб тIехьалда тIад хIалтIи гьабун букIинчIо жеги. ГIицIго кьочIое ро­сун рукIана гьесул тIехьалдаса цо- цо пикраби, цо-цо бутIаби. Амма тIолабго тIехь цадахъго лъицаниги къачIан букIинчIо.

 

— КигIан заман бараб гьелда тIад хIалтIулаго?

— ГIемер заман ана гьеб хIадурулаго. РекIел хIалхьи, па­рахалъи бикъулеб иш букIун буго гьеб. Гьединаб хIалтIи тIаде боса­раб мехалда хIаталдаса араб жа­вабчилъи букIине кколеблъиги бичIчIун, дица хIаракат бахъана гъалатIаздаса эркенаб, камилаб къагIидаялда тIехь хIадуризе.

Диссертациялъулаб советалъул данделъиялда видеобухьенал­далъун гIахьаллъана къватIисел ва нилъерго улкабаздаса гIалимзаби. Гьез гIемерал суалалги кьуна ва дир хIалтIуе лъикIаб къиматги щвана.

 

— Бигьаяб иш гуро гIелмияб хIалтIи. Бищунго щиб захIмалъараб?

— Аслияб мурад букIана гIадамал къосунареб къагIидаялда, киназ­даго бичIчIуледухъ, ай бигьаяб мацIалда хIалтIи къачIай. Гьеб букIана бищунго захIматабги. Дие машгьурлъи къваригIун букIинчIо. ХIажат букIана дир хIалтIул кумекалдалъун инсан битIараб нухде ккезавизе. Щайгурелъул Ал­лагьас нилъеда тIадаблъун гьабун буго, вижараб къоялдаса даимаб рокъове инегIан лъай тIалаб гьаби.

 

— Дур гIелмияв нухмалъулев щив вукIарав?

— ДИУялда хIалтIулев вуго исла­миял гIелмабазул доктор, Кьохъа МухIамад Сайгидов. Гьес диссер­тация цIунана Каиралда ва дарсал кьолел руго исламиял институтаз­да. Гьес дие гьабуна кIудияб кумек ва дица гьесие ракI-ракIалъ баркала кьола.

Баркала кьола дица диссертаци­ялда тIад хIалтIулаго дие квербакъарав щивав чиясеги – хъиза­малъе, районалъул нухмалъиялъе, гьудул-гьалмагълъиялъе. Дие гьа­бураб кумекалъухъ ТIадегIанас гье­зиеги лъикIабщинаб насиб гьабеги.

 

— МаслихIат гьабиялъул отде­лалъул аслияб хIалтIи щиб?

— Цоцалъ барщарал, цоцаздаса ракI хварал гIадамазда гьоркьоб рекъел гьаби. Гьелъие хIалтIизабула хIеренаб, ракI батизабулеб, инсан маслихIаталде кантIизавулеб рагIи.

Щуго соналъ дун вукIана Унсо­коло районалъул имамлъун. Гьеб заманалдаги маслихIаталъул иш тIубалаан. Аллагьасул кумекал­далъун, гIемерав чияс тIаса бищана битIараб нух.

Дир пикруялда рекъон, ахи­раб заманалда нижехъа бажарана районалъул хIакъалъулъ букIараб пикру лъикIаб рахъалде свериза­бун. Гьеб рахъалъ гIезегIан хIалтIи гьабуна районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасги районцоязги.