Унсоколоса МухIамадгIали МухIамадгIалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кIиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацIазул къоялъул хIурматалда тIобитIулеб фестивалалда. Жинцаго хIадур гьарурал ансадерил машгьурал цIулал тIагIел-алаталги цере тIиритIун ватун вукIана гьев. Доб мехалъ, гьитIинабго кIалъайги ккун, лъугIун букIана нижер бухьенги.Исана гьев вачIана «ХIакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутIун гьечIин, кан бакун...
