«Дождалъ» бихьизабураб фильмалъ Дагъистан суризабуларо

Гьал къоязда «Дождь» телеканалалдасан бихьизабуна нилъер республикаялдаса лъабго ясалъул хIакъалъулъ «Снявшие хиджаб» абураб документалияб фильм.

 

Гьел ясаз бицунеб буго жал ро-къосеб зулмуялдаса лъутанилан. Гьединго инкар гьабунила чамалиго соназ тIад чIварал хIижабаздаса. Гьезул цояй ккола лъабго лъимадул эбел Нина. Гьелъ хIижаб бахъун буго 17 соналъги чIван.
Нинаца бицунеб буго гьитIинго инсуца жий Грузиялде гIагарлъиялъухъе ясазул суннат гьабизе йитIанила, хадуй расги бокьичIого росасе кьунила. Гьанже ятIалъун рагIула.
Цогидал ясазулги гьелдаго релълъарал лъугьа-бахъинал ккун руго. Гьезул цоялдаса жиндирго инсуца инкарги гьабун рагIула.
Гьанже фильм къватIибе бачIун хадуб Нинае хIинкъаби кьезе гьей хIалтIулеб тукаде кIиго бихьинчиги вачIун вукIун вуго. Гьединлъидал гьелда аскIов хъаравул тезелъун фильмалъул авторалъги инсанасул ихтиярал цIунулезги гIарац бакIарулеб буго.
ПалхIасил, гьел ясазул къисматалда ракI гурхIун буго цо халкъ, цогидал руго гьез Дагъистан суризабунилан бицунел, лъабабилел руго гьезда гIайиб гьечIин, гьезул хъизамазда гурони, гьединлъидал жамгIияталъ хвасар гьаризе кколин гьелилан.
Жийго фильмалъул автор Марфа Смирновалъги абулеб буго жинца хас гьабун дагъистаниялин, бусурбабиян рахъарал ясал гурила гьел. Жиндие бокьун букIанила рокъосеб зулмуялдаса эркенлъизе къваригIарал руччаби рихьизаризе.
Гьеб фильмалда тIасан пикру загьир гьабулаго, машгьурав журналист Максим Шевченкоца абуна Дагъистаналъул жамгIияталъул хIакъалъулъ бицунеб лахIчIегIераб гьереси кколила гьеб, щайин абуни гьей лъабайго ясалъул гIадаб къисмат Дагъистаналъул тIолалго руччабазулги бугилан ракIалде ккезе бегьулила фильмалъухъ балагьидал.
Гьединлъидал Шевченкоца мисалалъе рачунел руго бутIрузда кIазал къарал, амма гIелмугун жамгIияб хIалтIи цадахъ бачунел талихIал руччабиги.
Араб анкьалда Марфа Смирновалъул фильмалда тIасан хабар ккана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул данделъиялдаги.
Цогидаздаго цадахъ гьелда тIасан пикру загьир гьабуна жамгIияй хIаракатчIужу ПатIимат ГIабдурахIмановалъ (Фати Добро).
Фильмалъул авторалъ талихIкъарай лъабго чIужугIадан ялагьун ятани, дица 30 секундалда жаний талихIай 30 дагъистанияй ялагьилин абуна гьелъ.
Хас гьабун «ХIакъикъаталъе» гьадин бицана ПатIиматица фильмалдехун жиндир бугеб бербалагьия-лъул хIакъалъулъ:
— Гьел ясазе гIакъуба кьурал, гьел къварид гьарурал бихьинал ритIухъ гьарулел гьечIо гурищ дица. Кинаб батаниги зулмуялда (рокъосебги цогидабги босани) дандечIарай гIадан йиго дун.
Дир ракI гъанцIизабуна гьеб фильмалда Дагъистан кутакалда сурукъаб рахъалдаса бихьизабулеб букIиналъ. Журналисткаялъ гьениб цохIо рахъ гурони бихьизабулеб гьечIо. Гьелъухъ балагьарав чиясул ботIролъе бачIуна цо пикру – «Дагъистаналда гIалхулаб ислам букIиналъ руччаби кIанцIизе бакI тIагIун руго, гьединлъидал гьениса къватIире тIуризе ккола» абураб.
Фильмалъ бахъинабураб ахIи-хIуралдаса хадуб гьелъул автор Марфа Смирновалъ кьураб интервью бихьана дида. Гьелъ абулеб бугоан жал мекъи ричIчIун ругила балагьаразда, жидеца цебе лъураб масъала батIияб букIанила. БукIун батани, «Дие Дагъистаналда чIужугIаданлъун вижизе бокьилароанин» абулев цо гIолохъанчи щайха гьелъ гьенив вихьизавулев вугев? Журналисткаялда лъаларогойищ гьединал жалаз гIадамазулъ кинаб пикру бижизабулебали?
Гьединал рахъал гIемер руго гьенир. Масала, цIогьохъего рачIун мажгиталдегун, как балел руччаби нахъасан щай камераялде рахъизе кколел?
Гьединлъидал журналисткаялдехун гурони, гьенир рихьизарулел ясаздехун дир кинабгIаги тIадкIалъайго гьечIо. Гьезул къварилъи бичIчIун, гьезие кумек гьабизе къваригIарай гIадан гьей ятани, ясазул гIага-божарал, эбел-эмен щай гьелъ рихьизарулел гьечIел? Гьел кодоре щун ратичIони, лъале-хъвалелниги щай ралагьичIел? Гьезда гьоркьоса цонигиясниги бицинаан гурищ ясазулалдаса батIияб пикру.

Гьединго Гъизилюрт районалъул Шушановка росдал школалъул учительница Равзанат Увайсовалъги бицана газеталъе жиндирго пикру. Чанго соналъ цее гьей гIахьаллъана Москваялдаса журналистаз бахъараб цогидаб фильмалъулъ. Гьениб бицунеб букIана магIарухъ руччабаз хурибгун ахикь гьабизе кколеб захIматаб хIалтIул хIакъалъулъ.

— Ниж гIахьаллъараб доб цояб фильмалдаса хадубги абулеб букIана нижеца Дагъистан суризабулеб бугила, гьанже гьедин республика къватIиб чIвазабуралъухъ щвараб гIарцухъ Мальдиваздаса гIебеде хIухьбахъулел ратилилан.
Амма доб фильм гьаб цоялдаса гIемерго батIияб букIана. ХIал щолеб хIалтIи гьабиялдалъун (чIахIи-чIахIиял магьал раччун, харицел хьвагIун – ред.) чIужугIаданалъул сахлъи жагъаллъулин абураб пикру лъун букIана долда жаниб.
Гьаб «Дождалъул» фильмалда бихьизабулеб буго ясал исламалъул лагълъиялдаса лъутулел ругилан абураб пикру. Амма, дир хIисабалда, исламалъ гуро гьел лагълъиялде ккезарурал, гьезда рухIияб сакъатлъи ккезабун буго гьезул жидерго хъизамаз, жамгIияталъ.
Нижер ЦIунтIа районалде гIадамазда гIелму малъизе вачIун вукIана гьев. Амма жиндихъе рачIаразда гъорлъ руччаби рихьулел гьечIолъиялда гIажаиблъун вукIана. Нужер лъимал куцалей, гьезие тарбия кьолей гIаданлъидалин гьей, гьединлъидал цониги чIужугIадан щай жинда гьаний гьоркьой йихьулей гьечIеян абулеб букIана гьес.