Школалдагун лъималазул ахалда ругьунлъун руго лъималазул эбел-инсухъа гӀарац бакӀаризе. Гьелъие рехсола батӀи-батӀиял гӀиллаби: классалъе хӀажатаб техника, гордабигъ, лажбаргун гач ва цогидаб босизеян. БакӀарула гӀарац учительзабазда гьарурал къоял яги байрамал баркиялъул мурадалдаги. Законалъ ихтияр кьолищ гьединал мурадазе гӀарац бакӀаризе? РФялъул Конституциялдаса РФялъул Конституциялъул 43-абилеб статьяялда рекъон, нилъер улкаялда лъималазе лъайгун тарбия кьезе ккола чӀобого. Гьелъухъ пачалихъалъул...










