Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кIиго соналдасаги цIикIкIун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гIумру: доре-гьанире ине, сухIматал гьаризе гьукъана, къана гIорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гIемер хIалтIизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагIаби. Гьеб хIинкъиялдаса халкъ цIуниялъул мурадалда Россиялда гIуцIана...

