Гьал къоязда республикаялъул журналисталгун дандчIвана РФя-лъул медицинаялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул председатель Анатолий Домниковги ДРялда бугеб гьединабго профсоюзалъул нухмалъулей Зумруд Бучаеваги. Журналистазухъе рачIиналде гьел щвана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасухъеги. Гьеб кIиябго тадбиралъул мурад букIана коронавирусалда данде чIезе улкаялдаго гьарулел ругел хIалтIабазул бицин.
Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, Анатолий Домниковас абуна гIадатиял гIадамалго гIадин, цо-цо тохтурзабиги божулел ругин интернеталдасан тIиритIизарулел гьересиял харбазда. Амма гьезул 99 проценталъул ракIчIун бугин вакцина гьабизе кколин абураб пикруялда. Гьез гьеб жидерго мисалалдалъун бихьизабулебги бугила.
— Гьале дун ккола тохтурзабазул тухумалдаса чи. Гьединлъидал дица абулебги буго вакцина гьабизе кколин, нижер хъизан-лъималаз, гIага-божараз гьебги гьабуна.
— Китаялда гIадин, зулму-хIал гьабун вакцина гьабизе тIамизе кколин рикIкIунищ дуца?
— Тохтурзабазул тухумалъул ва медицинаялда гъорлъ вугев чи хIисабалда, дица гьединаб къагIидаялъул рахъ ккола. Щайин абуни, дида бихьулеб бугелъул гIадамал унтулел ва хадуб гьеб унтуца черх чIвалеб бугеб куц. Амма цо-цо политиказ дир рахъ кквеларо, гьедин гьабизе бегьуларин абулелги камиларо.
Вакцина гьабизе бегьуларин чIарал чагIазул хIакъалъулъ бицани, интернеталдасан хъвадарулел гьез къанагIатги бихьизабуларо жидерго гьумер – чияр сураталги лъун яги лъезего лъечIого рукIуна гIакъилал жал рицунел. Гьединлъидал мугъчIвай гьабизе ккола медицинаялъул магIна бичIчIулел гIалимзабаз бицунеб хабаралде.
МухIканго жиндирго цIарги бихьизабун хъвадарулев чи вугони, хIисабалде босизе ккола гьес цо лъилалиго политикияб тIадкъай тIубазабулеб букIинги.
Зумруд БУЧАЕВА:
— Дица вакцина гьабуна гъоркьиса декабралдаго. Гьединго эбел-инсуцаги гьабуна. Дир инсул буго 92 сон, эбелалъул – 87. Гьел кIиялго ккола медицинаялъул хIалтIухъаби. Жеги-жеги хIалтIуде рахъиниланги чIола гьел. Рокъор чIезаризе захIмалъула. Гьединги бугелъул, дида кутакалда гьезул ургъел ккун букIана. ТIадежоялъе, гъоб заманалда хIатталдаса ун хIинкъараб хIалги букIана. Больницабазда эркенал бакIал хутIун рукIинчIо. Гьенир регизе кумек гьабеян дихъе кIалъарал чагIазда абизе жо лъаларого, чара къосун йикIунаан дун. Редукторнияб посёлокалда бугеб больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевас цо нухалда дида абуна, нагагь тIаса чи ани гурони, бакI букIинарилан. «Нагагьлъун чи хвани» абураб магIна букIана гьелъул. Гьеле гьелде ккун букIана иш.
Бащдаб лъагIалидасан ахIвал-хIал рукIалиде бачIине байбихьана. Амма нилъеда гьеб хехго кIочана. Инсанасул хасият гьединаб буго.
ПалхIасил, херал эбел-эмен вакцина гьабизе рачиндал, цо больницаялъул бетIерай тохтуралъцин абуна дида кIудиял чагIи ругелъул, дагьаб мехалъ гьабичIого тани лъикIаб букIинародайилан. Амма щаклъиялъул цо къатIрацин дилъ букIарабани, гьелъухъ гIенеккизеги бегьулаан. Эбел-инсуца гуребги, дир лъималазги гьабуна гьеб.
Анатолий ДОМНИКОВ:
— Ковид байбихьараб заманалда щиб суал нижеца цебе лъуниги, улкаялъул тIалъиялъ тIубалеб букIана. Масала, профсоюзазул квербакъиялдалъун кьезе лъугьана ковидалда данде къеркьолел медиказе харжалда тIадеги гIарац.
Ковид баккун хадуб лъуна щибаб больницаялда компьютералъул томографал. Цере къватIисел улкабаздаса рачIунел ИВЛалги нилъерго гьанир гьаризе байбихьана.
Зумруд БУЧАЕВА:
— 2017 соналдаса нахъе профсоюзалъ гIумруялде бахъинабулеб буго медиказда хурхараб социалияб 11 программа (санаториязде путевкаби, медицинаялъул хIалтIухъабазе спартакиада тIобитIизе лъагIалие кьолеб цо млн. гъурущ, улка тун къватIире сах гьаризе ине ккани, кумек хIисабалда медиказе кьолеб 30 азарго гъурущ ва цогидаб).
СИЗал (маскаби, комбинезонал, антисептикал), дараби ва цогидаб гIоларого бугеб мехалда, профсоюзалъ щай кумек гьабуларебин гьикъулаан дида. Амма профсоюзалъ тIубазе кколароан гьеб суал. КкечIониги, доб мехалда иш гIорхъолъа унеб букIин бихьидал, нижеца росана СИЗал ва рикьана 28 больницаялъе. Гьединго 11 азарго медикасе кьуна кванил нигIматал жанир лъурал пакетал.
Гъоркьиса марталда, битIун пандемиялда цебе, чанго районалде щвана дун. Халкъияб Собраниялъул депутат Тимур Гусаев коронавирусалъ унтун вугилан диагноз лъурал къоял рукIана гьел. Гьебги хIисабалде босун, гьел районазул больницабазул бетIерал тохтурзабазда гьикъана дица гьалейин, кватIичIого пандемияги тIаде щвелин нилъехъеги, гьелде хIадур ругищ нужилан. Кинабго хIадурун бугин жаваб кьуна гьез. Амма хадуб бахъараб ахIи-хIур нилъеда лъала. Цинги киналъулго гIайибги Сахлъи цIуниялъул министерствоялде бачIана.
— Дица вакцина гьабун буго. Амма заманалдаса цоги нухалдаги гьабизе бокьани, гъобго даруйищ гьеб букIине кколеб яги батIиябищ?
Анатолий ДОМНИКОВ:
— Бокьараб гьабизе бегьула. Амма дуцаго хIалбихьараб вакцина гьабуни, щибниги хиса-баси лъугьинаро.
ЦIияб даруялъ батIияб хIасил кьезеги рес бугелъул (кьечIого хутIизеги бегьула).
— Нижеда лъалев цо чи вакцина гьабун заманго балалде реанимациялде ккана. Гьелъул магIна щиб?
— Гьединал суалал кьолеб мехалда дица абула цин дида унтарав вихьизе кколилан. Гьединлъидал гьев чиясул рахъалъ щибха абилеб? Дида лъаларелъул гьев цевеккун кинал унтабаз унтун вукIаравали, вакцина кида гьес гьабурабали. Дида кколеб буго вакцина гьабилалдего бахун букIун батилин гьесде ковид. Жибго вакцинаялъ кинабгIаги унти багъаризабуларо инсанасул чорхолъ. ГIицIго аллергия лъугьине рес буго гьелдаса хадуб.
— «ГьедигIан хIажатаб жо батани, пачалихъалъ чIобого щайха вакцина гьабулеб бугеб?» — гьедин рикIкIунеб буго цо-цояз.
— Улкаялъул гIадамал хвасар гьаризелъун. ГьабсагIаталда гьелдаса кIвар бугеб жо щиб бугеб?
Зумруд БУЧАЕВА:
— Аллагьасде божилъи бугониги, нилъецагоги гIамалги гьабизе ккола. Гьеле гьединаб жолъун буго гьаб ахIвал-хIалалъулъ вакцина. Нилъеца Владимир Путиние баркала кьезе ккола гьеб чIобого гьабулеб букIиналъухъ. Антителаби ругищали лъазе анализалъухъ гIарац кьезе ккола. ГьабсагIаталда ниж ургъулел руго медиказе гьеб анализ чIобого гьабизе бажарулищали. ГIезегIан харжал гьаризе кколел жал рукIуна гьел.
— Вакцина гьабунин хъварал сертификатал ричун росулел ругин рагIана. Гьелъ къиматги хвезабулеб буго жибго вакцинаялъул. Гьел гьересиял сертификатал росарал чагIи унтани, гIадамазда ракIалде ккеларищ, вакцина гьабуралги унтулел ругин абун. Гьеб рахъалъ гьабулеб цIех-рех яги тамихI бугищ?
Зумруд БУЧАЕВА:
— ЧIванкъотIун киб ва лъица гьединаб жо гьабулеб бугебали дихъе хъвани, Сахлъи цIуниялъул министерствоялда лъазабила дица гьеб. Амма гьединал баянал щвеялда щаклъи буго.
— Цо бакIалде ран тарал вакцинабазул тIубараб гъуни бугин абураб баянги щвана нижехъе. Амма гьенире ун халгьабичIого, чIванкъотIун щибго абизеги кIоларо…
Анатолий ДОМНИКОВ:
— Вакцинабазул шушби болжал лъугIиялъ яги цIорой-хинлъи рекъезабизе кIвечIого, дару цIунизе бажаричIолъиялъ рехун ратизе бегьула гIодоре. Амма гIадада гIодобе вакцинаги рехун, гьересиял сертификатал росулелги кьолелги чагIазе тамихI гьабизе ккола. Гьеб буго унго-унгояб такъсир.