Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кIиго соналдасаги цIикIкIун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гIумру: доре-гьанире ине, сухIматал гьаризе гьукъана, къана гIорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гIемер хIалтIизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагIаби.
Гьеб хIинкъиялдаса халкъ цIуниялъул мурадалда Россиялда гIуцIана хехал тадбирал. Гьелъие нугIлъи гьабула дунялалъулго статистикиял баяназги. ХIукуматалъ гьарулел тадбиразул рахъккуна улкаялъул гIемерисел гIадамаз.
Унти тIадецуялъул хIасилалда инсанасул сахлъи цIуниялъулъ ругел ва Россиялъулгун Дагъистаналъул Конституцияз чара гьечIого тIуразе кколин абулел ихтиярал пачалихъалъ хъущтIизаруна хIалтIи кьолезулги жалго гражданазулги гъуждузде. Жакъа нилъеда киназдаго бичIчIулеб буго, гьединаб хIинкъи цIикIкIараб унтигун инсаният жеги дандчIван букIинчIеблъи. Лъалароан гьеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ, гIасрабаз гIуцIун лъугьараб, универсалияб къагIидаялдаги. Россиялъул ракьалда инсанасе гIумру гьабизе бугеб ихтияралъе хIинкъи букIана гIицIго рагъул заманалда.
Гьединлъидал коронавирусалъул пандемиялъ щакдаризе тIамуна улкабазул экономикиялгун политикиял системабазде гуребги, инсанасул аслиял ихтиярал цIуниялдеги. Инсанасул ихтиярал ккола, 70 сонил болжалалда жаниб инсан вокьиялъул кьучIалда дунял гIуцIизе квербакъараб, кIудияб жамгIияб бергьенлъи. Гьел ихтияразул цо пуланаб бутIа бараб буго нилъеда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда -халкъ махIрумлъизехъин буго гIумру гьабизе бугеб ихтиярдасагицин.
Пандемиялде данде къеркьеялъул мурадалда тIолабго Россиялдаго гIадин Дагъистаналдаги къабул гьарурал нормативиялгун правоялъул документазул хIисаб гьабидал, бихьулеб буго, инсанасул ихтиярал дагьлъизариялъул рахъалъ нилъер нухмалъиялъ къабул гьарурал хIукмабазе юридикияб кьучI бугеблъи. Гьел федералиял законазда рекъезарун хиса-басиял гьарулел руго нилъер республикаялдаги. Гьединаб заманалда нухмалъулезе щолеб хасаб ихтиярги кьочIое босун, цо-цо нилъерго ругел ихтияраздаса заманалда махIрум гьаруна дагъистаниялги. Гьединаб ахIвал-хIалалде ккараб мехалда, цIакъго кIвар бугеб суаллъун лъугьуна гражданазул ихтиярал ва гIадамазда тIадал ишал рекъа-решон данде ккезариялъул масъала. Гьединал шартIазда нилъедаги, ай гражданазда, битIун ричIчIизе ккола хIукуматалъ гIуцIулел тадбиралги гьезул мурадалги.
Гьединал тадбирал гIуцIиялъе правоялъулаб кьучIлъун буго 1995 соналъул 21 декабралда къабул гьабураб «ТIабигIияб ва техногенияб хасияталъул тIасан борчIараб хIал ккараб мехалда халкъги ракьалги цIуниялъул хIакъалъулъ» абураб №68 федералияб закон.
Инсанасул ихтияразе батIи-батIияб асар гьабуна COVID-19 тIибитIунгутIиялъул мурадалда гьарурал хасал тадбираз. Гьеб асаралъул даража-къадар кинаб букIарабали чIезабуна Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб Советалъ (СПЧ). Гьеб хIалтIул хIаракаталъул хIасил СПЧялъул вакилзабаз цебе лъуна «Инсанасул ихтиярал цIуниялъул кьучIалда эпидемиялъул дарсал» абураб доклад гьоркьоб лъураб данделъиялда.
ТIолабго дунялалдаго гIадин, жакъа нилъеда цебеги чIун буго аслияб мурад – гIемерисеб халкъалъул сахлъи цIуни. Гьеб мурад ккола, инсанасул ихтиярал цо къадаралда мукъсанлъизариялъул мурадалда, власталъ цIиял тадбирал лъазариялъе аслияб гIиллалъунги. Гьединлъидал абизе бегьула, жакъа нилъеда сверухъ лъугьа-бахъунеб ахIвал-хIалалда республикаялъул идарабаз гьарулел тадбирал руго нилъер бищунго къиматаб бечелъилъун кколеб жамгIияб сахлъиялъе бугеб хIинкъиялдаса цIуниялъул мурадалда гьабулеб хIаракат бугин абун. Гьеб рахъалдасан борцани, битIараблъун рикIкIуна власталъул хIаракатги. Ругищ гьеб хIалалда рукIаго, нилъерго ихтияраздаса нилъ махIрум гьариялъул хIужаби? Гьайгьай, руго, амма суал бачIуна: ихтияралищ, гIумруйищан абураб.
Гьел тадбиразул кIвар жеги цIикIкIуна, коронавирусалъул пандемиялъул заманалда хехго унтиялъе рес бугел къапилабазул хIисаб гьабуни: рокъобе цIакъго дагьаб гурони харж бачIунарел хъизамал, сакъатал гIадамал, янгъизго хутIарал, ригь арал, ва чидар кумек гьечIого тIубаларел гIадамал. Гьезие къваригIарабщинаб жо чIезабиялда цадахъго пикру гьабизе ккола гьезул сахлъиялъе зарал ккунгутIиялъулги.
Гьелъул мурадалда ва цебеккун рехсараб №68 федералияб законалда рекъон, Дагъистан Республикаялда коронавирусалъул унти тIибитIунгутIизе 2020 соналъул 18 марталда ДРялъул бетIерас гъулбасана «ТIадегIанаб хIадурлъиялъул режим билълъанхъизабиялъул хIакъалъулъ» абураб №17 указалда. Амма араб соналъул маялде республикаялда букIана цIакъ хIалуцараб ахIвал-хIал. Унти гIемер тIибитIиялъул рахъалъ цере ругел регионазда гьоркьоб щуабилеб бакIалда букIана Дагъистанги. Гьелда бан, улкаялъул президентас тIобитIана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицараб хасаб данделъи. В. Путинил тIадкъаялда рекъон, Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ хIадурана Дагъистаналда коронавирусалде данде къеркьеялъул хасаб план, ва Оборонаялъул министерствоялъ республикаялда базе байбихьана медицинаялъул центр.
2020 соналъул 23 октябралда бахъана «ДРялда коронавирус тIибитIунгутIиялъул мурадалда тIадеги тадбирал гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул бетIерасул № 96 указ. ГIуцIана гьеб рахъалъ хIалтIи гьабулеб оперативияб штабги. Гьединаб ахIвал-хIал ккеялъул рахъалъ бугеб жавабчилъиги бичIчIун, Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрас гьарана жив хъулухъалдаса эркен гьавейилан абун. Дир гIумруялда тIоцебесеб нухалда ккана гьединаб бахIарчияб хIужа – жиндиего бокьун министрас хъулухъ тей.
Цереккун рехсарал тадбиразул хIасилалда гIезегIанго лъикIлъана республикаялда букIараб ахIвал-хIал. Амма гьабсагIаталдаги хIалуцунеб буго иш. Жакъаги нилъер республика буго гьеб квешаб унти хехго тIибитIулел ругел цогидал субъектазда гьоркьоб. Нилъеда бичIчIулеб гьечIо унтиялъул квешлъи, гьелъул хIиллаялъ нилъее гьабизехъин бугеб заралги ккезехъин ругел камиялги. Гьурмада маска ххоларо, гIемер чи данделъарал тадбиразулъ гIахьаллъула, диниял ва рукIа-рахъиналъул тадбирал тIоритIула ва гьелдаго цадахъ унтиги тIибитIула. ГIицIго гьединал тадбирал дагь гIуцIиялъулцин кIудияб кIвар буго унтиялдаса хвасарлъиялъе. Жакъа хIажат буго, киналго цадахъ рахъун, вирусалъулаб бахунеб унтиялдаса цIунизе хIаракат гьаби, тохтурзабаз рихьизарулел тIалабал, вакцина гьабиялде гIунтIун, мухIканго тIуразари. Киназулго хIаракатги цолъизабун, данде рахъинчIони, гьеб тушманалъукьа бергьинехъин гьечIо нилъ.
З. ИЛЬЯСОВ,
ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул
ихтиярал цIуниялъул рахъалъ советалъул председатель