Новость на родном

Батила гьаб хIакъикъат, цIунизе ккела низам

Батила гьаб хIакъикъат, ЦIунизе ккела низам. Какилъ гIадин рацIцIадго, ЦIодорго рукIани лъикI…     Гьал рагIаби ругеб кечI рехун бачIана Туркиялда вугев магIарул наслуялъул вас Шамилица. КочIол роценалда хъванги, харбие бицунги цого тема цIикIкIунеб буго сверухъ къо бахъанагIан. Тема гуреб, жибго хIинкъиги рагьде щвечIеб бакI батизе захIмат буго. Лъалареб хIалалъ хисулеб дунял, щиб, кин гьабилебали лъаларого,...

Новость на родном

ГIин кьурун, гIор къалев МахIмуд

ГIагараб росулъе щвезе сапаралъ яхъиндал, кидаго лъалхъула ХIебда росулъе щолеб бакIалда, какал разеги машинаялъубе бензин тIезеги. ЩугогIан соналъ цее ХIебде щведал, ракI бохизабуна, Авар гIурул рагIалда бараб сангар бихьидал. Гьал къоязда редакциялде вачIана гьеб сангар барав устар Мусрухъа МахIмуд ГьитIинов.   «16 млн 700 азарго гъурщил хIалтIи гьабуна нижеца гьениб. Амма жеги кьечIо гьелъухъ гIарац....

Новость на родном

ЧIунтулел руго магIарухъ росаби

Дунялалъул рагIалда бугебги, хъатиниб лъураб гIадин, бихьизабизе рес бугеб заман гьаб бугелъул, бокьарав чиясда кIола, Интернеталъул кумекалдалъун, цогидал улкабазда ругезулгун бухьен гьабизеги гьез гIумру гьабулеб къагIида бихьизеги.   Масала, араб гIасруялъул 90-абилел соназдаго Казбек районалдаса Германиялде гочарав Рамазаница, скайпалдасан рихьизарулел рукIана немцазул росабиги гьезул гIадамазул бугеб гIумруги. Гьединабго бечедаб ва лъикIаб гIумру Европаялъул цогидал улкабазул...

Новость на родном

БачIин кьолареб оцбай

Кида бижараб оцбаялъул байрам? Кин гьеб жеги цIунун хутIараб? Гьел суалазе жаваб балагьизе нилъ лъугьинаро. Лъалеб жо буго ислам тIибитIилалдего гьеб гIадат букIараблъи, баянаб буго мугIрул халкъалъе бокьулеб байрам букIинги. ГIасраби свераниги, хурзал рекьулел гьечIониги, байрам цIунун хутIун буго.   Цебеселъул бицинчIого, жакъасеб сундаха данде кквелеб? Дир заманалъул лъималазда ракIчIун лъалаан лъагIалида жаниб ункъо нухалъ...

Новость на родном

Ракъиги бихьана, захIмалъиги хIехьана

88 сон барай Аминат ГIабдулмуслимовалъул ракIалдещвеял   Рагъул заман букIана, кутакаб ракъиги букIинарищха. Калининау-лалде гочинарилелде цебе, ракIалда буго, ниж рачун рукIана хьарал хьонал рахчизаризе. Нижеца гьел рахчизарулаго, цониги мугь кIалдиб лъеладаян, хадуб халкквейги чIезабун букIунаан… Отаралда, Чуричуризоялда ру-кIана инсул яцал. Рагъул заманалда гьезухъе унаго загьруяб харилъ баккараб лъабго мичIчI щвана дие кваназе. Ракъуца холел гIадамаз...

Новость на родном

Салатавиялъул бахIарзал – ВатIанияб рагъда

Рагъул заманалда кинабниги гIуцIиялъул иш, халкъ бергьенлъи босизе бахъинабиялъул, хIалтIи цебетIезабиялъул суалал тIаде кколаан партиялъул райкомалде. Гьеб заманалда гьелъул тIоцевесев секретарьлъун вукIана ХIажиев ГIабдукъадир.   Районалъул росабалъа рагъде ана 2797 чи. Гьезул тIад руссинчIо 1678-ял. РукIана мисалал тIубараб хъизамго ватIан цIунизе иналъулги. Лъабго ва цIикIкIун васал фронталде ана чанго хъизамалдаса. Дилималдаса вацал ГIабдурахIман, ГIабдулхIамид, ГIабдулатIип,...

Новость на родном

Районалъул хIакъалъулъ къокъал баянал

ДАССРалъул ЦИКалъул ункъабилеб сессиялда, 1928 соналъул кIиабилеб ноябралда, къабул гьабула республикаялда районал гIуцIиялъул цIияб проект. Гьелда рекъон, Хасавюрт округалда гьоркьоб букIараб Казбек участкаялъул бакIалда гIуцIула Казбек подкантон. Хасавюрталъул кантоналда гьоркьоб букIараб гьелъул центрлъун букIана Хубар росу. 1930-1931 соназда райцентр букIана Гуни росулъ. Хадуб гьеб бахъана Дилималде.   1929 соналъул лъабабилеб июналда, ДАССРалъул ЦИКалъул хIукмуялдалъун подкантоналъул...

Новость на родном

Депутатал хIалтIула халкъалъе гIоло

2015 соналъул 13 ноябралда гIуцIана районалъул депутатазул VI ахIиялъул собрание. Жакъа къоялде тIобитIун буго 38 сессия. Гьениб гьоркьоб лъун буго 165 хIукму ва гьезда гьоркьор руго нусгоялдасаги цIикIкIун правовиялгун нормативиял актал. Депутатаз гьоркьор лъезе росулел цо-цо суалал дандрала прокуратураялъул хIалтIухъабаздаги.Депутатазул хIалтIул хаслъилъун буго кинабго рагьун гьаби. Гьелъ рес кьола хIалтIулъ гъалатIал риччангутIизе.Депутатазул собрание хIалтIула администрациягун...

Новость на родном

«ХIакъикъат» – Казбек районалда

«ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазул хIукму ккана росабазул жамагIатазулгун дандчIваял гьариялъул мурадалда, «ХIакъикъат» — пуланаб районалда» абураб ахIиялда гъоркь, тадбирал тIоритIизе. Гьелъул мурадги ккола халкъалъулгун бухьен щула гьаби; рахьдал мацIалъул, адабияталъул бугеб ахIвал-хIал лъазаби; миллаталъул гIолел ва гIоларел рахъал цIехей, гьел газеталда рахъи; гIолохъанал мухбирзабазе, журналистазе кумек гьаби; газеталъе подписка гьабиялъе квербакъи букIинаби. Жакъа Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ...

Новость на родном

Зарядкаялде — 800 чи

«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталда рекъон, Унсоколо районалда тIобитIана гIаммаб зарядка.Гьелда гIахьаллъана районалъул администрациялъулги  Шамилхъала поселокалъул лъай кьеялъул идарабазулги вакилзаби ва поселокалъул гIолилал. Акциялъул гIахьалчагIазде саламалъул хитIаб гьабуна рехсараб проекталъул Дагъистаналда вугев координатор Шамил ГIалиевас. Гьес баркала кьуна проекталъул рахъ ккуралъухъ.   Акциялъул ахиралда киналго гIа­хьалчагIазе рес щвана «чемпионасул радал квеналъул» хIалбихьизе.