КьилимагIарде гьабураб сапаралъул ялъуни, кьурул сирталги квегъун, магIарде лъим бачараб куцалъул хIакъалъулъ репортаж.
Жакъа бицине буго бацIцIадаб магIарухълъи гъорлъ бессараб сапаралъул хIакъалъулъ. Коронавирусалъул цо рагIи гъорлъ букIине гьечIо гьаб макъалаялда. ГIела, чIалгIана, бадиса баккана «коронаги, пандемияги, карантинги», авалги-ахирги биларал гIорхъичIваял лъазабурал къоялги. ТIокIаб бицине жойищ нилъер гьечIеб? КигIан бокьаниги буго. Доб лъималазул кочIолъ гIадин: «Бакъ щун, щоб ккун, щобда гIачи гIергIедун, гIодор бачал мимидун» буго росабалъ гIумру. КьилимегIералъул аххалъуда буго дир Гьонода росу. Гьеб бихьула росдал бокьараб авалалде рилълъун хал гьабуниги. Я свак, я макьу лъаларев залимав нартав гIадин буго гьеб гIасрабаз эхетун. Щай дица хас гьабун гьеб мегIералъул бицунеб бугеб? Гьенибе сапар бухьун букIана гьал къоязда. Цадахъ вукIана анцIила щугониги чиги. Гьонода росдал бегавул ГIамирханил МухIамадил (ХIажиев МухIамад) бетIерлъиялда гъоркь рахъун рукIана ниж къватIире.
КьилимагIардаса гIодобе чвахулеб иццул лъим, жамагIаталъул боцIуца гьекъезе, магIарде бачине хIукму ккана гьесул.
КьилимагIарде рахунеб
сухъмахънухлул балъголъаби
Рогьалил как ахIарабго къватIире рахъана ниж. МугIрул карандаса эхеде, гъуждузда баччун шлангазул гуригун ххаризе, узухъда, бигьаго букIинчIо. Амма гьеб букIана захIматаб нухлул байбихьиялъул гIицIго цо бутIа.
КьилимагIарде щвезе ккани, цин бахине ккола гьелда гъоркьа бугеб гъваридаб кIкIалахъан унеб сухъмахънух. Щибаб соналъ гьениса уна риидалил мучIдузде гIи-боцIи. БоцIи гебегун ине бегьулел гIадал хIинкъарал бакIалги рукIун, гъоркьиса жамагIаталъул чанго чиги ун, кIварабгIан гIатIид гьабун букIана гьеб нух. КIкIаламухъ цIун буго КьилимагIардаса гирун бачIараб гьецIо-гъегъалъул. Бащдаб нухги тун, кIкIалал гъварилъуде щварабго, рагIизе бегьула ганчIазда гъоркьан чвахулеб лъарал хъуди. Абула гьеб лъар КьилимегIералъул тIогьиса чвахулеб лъедасан лъугьараб бугилан.
Гъоба гъоркьа бихьула Шамил районалъул Гъогъолъ росу. КIкIалахъан ххарун, гъоркьа тIаде рачIунаго, батула гIисинрохьалъ бахчараб мугIрул габурлъи гIадаб бакI. ЦIакъ берцинал махигъутIбуз берцин гьабун буго залимаб кьурул хIатIааххалъи. Рохьил расалъудасан унаго батула цIакъ цIорораб ицц. Гьелдаса цIорораб мугIрул иццул лъим дица жеги гьекъечIо. Чанго нухалда хIухьбахъиги гьабун, ахирги ниж рахана РажихотIа абун цIар бугеб майданалъул рагIалде. Гьениб къайиги чIван, щибаб соналъ бугъбузе вехьлъи гьабун рукIуна, тIадехун бицен гьабураб Гъогъолъ росулъа гIолохъаби.
Кьижун букIараб ицц борчIизабуна
РажихотIе ниж щвараб мехалъги чIегIерал накIкIал рукIана тIад роржанхъулел. Квана-гъанан хадуб нахъойги нухда рахъана. КьилимегIералъул залимал парсал рихьулел рукIана, квер гIунтIани, аскIоре щолилан ккараб манзилалда гIагарлъухъ. Амма гьенире рахине ккани, жеги микьабилебги гIетI тIезе ккола, хасго тIоцебе гьенибе гьабулеб сапар бугони.
Нухда нижеда ратулел рукIана тIела-тIелал гьарун кваналел, РажихотIа рукIарал бугъби. Рииялда жаниб чанго нух бала гьез КьилимегIералъул парсахъе, гьениб гьарзаго бижараб херги, бакъ багIаридал регизе гьогьомал нохъалги руго. РажихотIе ритIарал бугъби лъикIго кьаралъун рачIунин, разиго рукIуна гьезул бетIергьаби, амма рагъулаго кьурулъа гъоркье рехун гьел хварал хIужабиги камуларо.
Ункъабилеб парсида тIаса буго залимаб цоги кьурул гIус. Дидаги абулеб батараб цоги цIар буго гьелда ТIасарокьбия абун. ТIасарокьбиятIе тIаде ине ккани, мун ххаризе ккола битIахъе кьурул карандаса эхеде, болъо-къоно гIадин лъугьараб, хIинкъараб сухъмахънухалъ. ХIинкъарабилан кканиги, гьедин цIакъго захIматаб нух гьечIин гьенибейилан абула гьенире рахараз. Гьениб тIаса буго Шамил имамас бан букIараб гьитIинабго мажгиталъул хутIелги.
Гъугъдулъан бецIцIулеб
гьацIул гахI бугеб
Буцрал лъим гьекъезе
къечоларищ нуж?
ТIасарокьбиялда цебе буго нижеца лъим бачараб иццги. Гьелда абула Буцрал иццилан. Жаниб хIариги ккун гьитIинлъун батана нижеда гьеб. Жаниса бацIцIадги гьабун, тIокIкIараб гьелъул лъеда хIохьбайдал, цаби цIунцIудизе гьаруна цIороялъ.
«Гьадин гIадада кьурулъе бецIцIулеб букIинегIан, мун, мацI лъалареб боцIул къеч хьезабулеб гъоба гъоркьа лъикI», -илан тамахго кIалги гьикъун, шлангалъул кIал иццул хIоринибе ккезабуна ГIамирханил МухIамадица. Кьурул квенчIелидаса гъоркьеги бачун, шлангазул гури ана парсихъа гъоркье биччан.
Лъабабилеб парсихъан добехун гьеб цIазе хIадурго чIун рукIана гIолохъабазул цоги къокъа. Халатаб манзилалъ цIазе ккана гьел росдал магIарде тIаде ралагьараб бакIалде щвезегIан. Кьурул карандеги рахун лъим бачунел нижеда тIад тIавап гьабулел рукIана цIумал. Гъоркьа гIисинал тIанкIазде сверун рихьулаан гIалахалда кваналеб гIи-боцIи. Будунас ахIулеб какил гьаракь гIажаибго роцIцIун рагIулеб букIана мугIрул тIогьибе.
Къаде кваназе гIодор чIараб мехалъ чIей букIинчIо бегавуласухъе кIалъан рачIунел чагIазул. ТIоцеве кIалъан вачIана гьесул инсулго вукIарав, цIакъ гьесие къиматав гьобол, Гъогъолъ гIумру гьабун вугев ГIабдалилмухIамадил АхIмад. Гьесул умумул ккола КIуядаса. Сверухъ ругел росабалъ, хасго нижер Гьонодаги, кIудияб къимат буго гьесул. «КьилимагIардеги вахун, лъим гъоркье бачарав чи цохIо мун гурони ккечIо», -ян велъулев рагIулаан гьев, видеобухьеналдасан кIалъалелъул.
Амма гьесул каламалда жаниб разилъиги бихьулеб букIана. Гьесдасаги цIакъ разиго вукIана дун гьеб сапаралдаса. Дида киданиги ракIалде ккелароан ралъдал гьумералдаса 2425 метралъ борхалъуда бугеб кьурулъеги вахун, шлангаз гьениса гъоркье лъим бахъулеб гвавулъе ккелилан. 1500 метралъул манзилалда кьурулъа гIодобеги бачун, гIансигIан цIорораб иццул лъим боцIи кваналел мучIдузде чвахизабуна росдал бегавул ГIамирханил МухIамадил хIаракаталдалъун.
Исана кIиябго сон буго гьев росдае нухмалъи гьабизе ккаралдаса. Гьеб кIиябго лъагIалида жаниб чанги пайдаяб хIалтIиги гьабуна жамагIаталъе. Росулъ машина хьвадулел шагьранухазде бетон тIеялдаса байбихьана гьес жиндирго хIаракатчилъи. Къокъабго заманалда жаниб лъабго миллионалъул багьаяб бульдозерги бакIарана росулъе. Турун рукIарал токалъул хIубалги хисана, цIияб токалъул трансформаторги лъуна чанго авалалде ток бикьулеб бакIалда. Гьанже росдал лъел мухъ кьучIдасанго хисизе хIадурлъи гьабулевги вуго. Гьединго шагьранухдаса росулъе щвезегIан бугеб 5 километралъул манзилалда хъил тIезе ресал ралагьулевги вуго. Гьеб кинабго хIалтIи буго 25-ялдасаги цIикIкIун соналъ хъулухъалда рукIаниги, гьесда цере рукIаразухъа гьабун бажаричIеб, кIиго лъагIалида жаниб гьес гьабураб жигарчилъи. Гьев гурев батIияв чи КьилимагIарде лъеда хадув вахине вукIиналдаги кIудияб щаклъи буго дир. Амма гьев вахана.
ЖамагIаталъул газа кьурда рекIунилан цIакъ щулияб кици буго умумузул. Гьеб ритIухъ гьабуна МухIамадицаги КьилимегIералъул тIогьивеги вахун.