БежтIа росулъ буго ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъул филиал. Гьенире щведал, хIалтIуда ратана музеялъул директор Рамазан Шейховги гIелмияй хIалтIухъан ПатIимат Назариковаги. Музеялъул минаялда абизе бегьула «ГьитIинаб БежтIайиланцин». Гьенире щведал, цоги нухалда ракIалде щвана гIагараб ватIан цIунизе арал гIолилазул бахIарчиял ишалги, гьоркьоса къотIи гьечIеб наслабазул бухьен ирсалъе кьолеб бахIарчилъиги. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго...

