БежтIаса пенсионер ИсмагIилов Расулица цIехолеб буго: «Нижер гIадаб рикIкIадаб районалде киданиги тIабигIияб газ щвезе гьечIин абула гIемерисез. Амма гьал къоязда бицунеб рагIана, рикIкIадал мугIрузул районазул росабалъеги кинабалиго системабаздалъун газ бачине бугилан. БитIарабгIаги гьечIодай гьеб хабар?» Гъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил кIудияб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул журналистас кьун букIана газалда ва токалда...
