Новость на родном

Жакъаги чIаго буго гьудуллъи-вацлъи

Умумузул букIараб гIадат-гIамал цIунизе ккеялъул гIемер бицунелъул, ракIалде щвана БежтIа росулъа лъабго хъизамалъул тарих.   Дир эбел ГIайшатил гьудул йикIана Анжоева Аминат. Нижер тухум-кьибилалъул хIакъикъат лъаларел росуцояз абулаан, Аминат дир эбелалъул яц ятилин абун – гьедигIанги цоцалъ журан рукIунаан гьел. Аминатил бетIергьанчи Рамазаница тIоцее лъадилъун ячун йикIун йиго Жаннат. Цо ясги гьаюн (Райгьанат), гьел ратIалъун...

Новость на родном

НекIсияб тарих — нилъер бечелъи

Щибаб росулъ гIадин батула рокъо-рокъоб гIуцIараб музей. Гьениб букIуна умумузул тIагIел-алатги, некIсияб тарихалъул хIужабиги, хIалтIизабулеб букIараб цебесеб къайиги. Масала, БежтIа росулъ руго муниципалияб идарабазул лъабго ва жеги лъабго – рокъор гIуцIарал музеял. Росдал тарихалъул ва маданияб ирсалъул бицунел музеял гIуцIун руго ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росулъа Къурбан КIулизановас, Шамил районалъул Зивури росулъа ХIамзат ХIамзатовас ва цогидазги....

Новость на родном

ГIагараб росулъе, кисаялиго киналго нухаца хехго цIалей куц

  ГIагараб росу. Лъидаха гьеб кIоченеб. Гьелъул хIикматаб тIабигIатги, лъикIал гIадамалги, гIумруялъул лъикIалги квешалги нухалги, эбел-инсул хинлъиги, кIодо-кIудил малъа-хъвайги, бухIараб риидал иццдаса гьекъолеб бацIцIадаб иццул лъимги. Гьеб киналъго асар гьабуларел чагIи рукIунелго ратиларо. Лъида кIочон толеб нилъер умумузул гъасда бицунеб рахьдал мацIги. Щибаб росдал батула жинди-жиндир хаслъи. Жиндирго хасаб хаслъи буго дир гIагараб ГIоротIа росдалги. Гьеб ккола Хунзахъ районалъул чIахIиял росабазул...

Новость на родном

«Росулъ букIун бугеб лъикI…»

Росабалъ хIалтIи гьечIин абурал багьанабиги рачун, роса­балъа гIолилал гочунел руго гIатIиракьазде. ЧIороголъулел руго росаби, чIахI­къулалъ кколел руго, гIемераб къоги бихьун, умумуз гьарурал хурзал, гIи­боцIи дагьлъун, рохьаз цIолел руго мугIрул. Амма росабалъа гIолилал гочун иналда тIад рекъо­лев гьечIо, гIатIиракьалдаса нахъвуссун, жиндирго гIагараб Шамил районалъул МачIада росулъе тIадвуссарав МахIмудов МухIамад. ГIатIиракьалде гочине бокьун бугел гIолилазе мисал­лъун букIине, бокьун буго МухIамадил гIадатияб гуреб...

Новость на родном

«Керчал буртаби кьела,кьарияб гьан кванала»

  22 октябралда Болъихъ районалъул РахатIа росулъ тIобитIана гIажаибго берцинаб тадбир. Нус-нус соназ нилъер умумузги ретIараб, магIарулазул тарихалъул чанги рохарабги пашманабги лъугьа-бахъиналъе нугIлъунги букIараб буртинадуе сайигъат гьабураб байрам букIана гьениб. 1924 соналъ гьениб рагьана «8 марталъул» цIаралда буртаби гьарулеб артель. КIватIичIого нусго сон бай кIодо гьабизе хIадурлъулеб артелалъ бессун, жакъаялде щвезегIан къачIан, къватIибе биччараб буртинадул...

Новость на родном

Херехьдерил халкъияб лъим

  Жакъа Дагъистаналда церечIарал аслиял масъалабазул цояб ккола гIадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хIалтIулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги.      Амма гIемерисеб мехалда лъел иш рагIалде бахъуна жамагIатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захIматаб масъалалъун буго лъел суал.  2020 соналъул январь моцIалда цIоройги ккун, росулъе бачIунеб рогIороги бихъун, лъабго моцIалдасаги цIикIкIараб заманалъ лъимги гьечIого хутIун букIана росдал жамагIат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб...

Новость на родном

Херехьдерил халкъияб лъим

  Жакъа Дагъистаналда церечIарал аслиял масъалабазул цояб ккола гIадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хIалтIулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги.      Амма гIемерисеб мехалда лъел иш рагIалде бахъуна жамагIатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захIматаб масъалалъун буго лъел суал.  2020 соналъул январь моцIалда цIоройги ккун, росулъе бачIунеб рогIороги бихъун, лъабго моцIалдасаги цIикIкIараб заманалъ лъимги гьечIого хутIун букIана росдал жамагIат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб...

Новость на родном

ЗахIматалъ лъадарарай росдал яс

  15 октябралда кIодо гьабула росулъа руччабазул Халкъаз­да гьоркьосеб къо. Хурзал ракул цIуни, цагърал богIол цIолин абулаан умумуз. ЧIужугIаданалъул гIетI тIинкIичIони, чIорого хутIила гьел. Гьанже хурзал чIахIил, цагърал химикатазул ва къватIисел пачалихъазул нигIматазул цIун ругин абуни, дагIба балев чи нагагьги ккеларо. ГIолилаз гIака хьихьулеб гIадат тун буго, гIемерисел бокьалги чIунтулел руго. Рахьдал ва на­хул къучIби ричун росизе ресги букIаго, захIматаб...

Новость на родном

МагIарулал годекIанир

Журналист Мухlaмад Расуловас данде гьабураб «МагIарулал годекIанир» абураб тIехьалдаса.   ** *Кортас «Жигули» босанила. Гьебги бачун шагьар сверулев вукIанила. Рокъове вуссинегIан гьесул машинаялъул цояб хьибилалда живго гIадав жигуличияс машина «къочизабунила». Нахъисеб къоялъ цогияс цояб рахъги гьелдаго релълъинабунила. Гьедин щибаб къоялъ цо-цониги гIуж машинаялдаса камун Кортав къавулъе вуссунароанила. Гьеб хIисабалда анила лъикIаланго заман.— Гьадинаб чухI-чухIараб машинаялда шагьаралде вахъинегIагийищ...

Новость на родном

          РухIаразул бакIалда – цIиял

     Федералиял проектаздаса пайда босулеб буго ЦIунтIа районалда школал цIигьаризе. ГьабсагIаталда гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ нижее бицана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев ГъазимухIамад Абакаровас.             Баян: ГъазимухIамад Абакаров гьавуна ЦIунтIа районалъул Берих росулъ. ЛъугIизабуна ДГПУ ва щвана «лъай кьеялъул ва экономикаялъул менеджмент» абураб махщел. ХIалтIана Шаури росдал школалда тарбиячилъун, лъималазул...