
Дагьаб цебегIан тахшагьаралда тIобитIана Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзаловасул «РачIа дугIа гьибизин» абураб нашидазул сордо. Гьелъухъ щвараб гIарцул цо бутIа кьуна чвахунцIадаздаса хадуб къварилъи ккаразе квербакъиялъе. Гьеб букIана ХIамзаласул пагьмуги гIаданлъиги бихьизабураб тадбир. Бихьулеб букIана ралагьизе рачIаразул ХIамзаласдехун бугеб адабги рухIияб тарбия ва рекIее парахалъи кьолел нашидазухъ гьезул бугеб гIищкъуги. Гьелъул, творческияб ва гIелмияб нухалъул хIакъалъулъ бицана «ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачIун вукIарав ХIамзалав ХIамзаловас нижергун букIараб гара-чIвариялда.
Лъабабилеб июналда Гъуниб районалдаги гьединабго нашидазул сордо тIобитIизе буго гьес.
— ХIамзалав, дур хIисабалда нашидал ахIиялдаги кучIдул ахIиялдаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб?
— Нашидазул хаслъи буго гьез гIадамасул рухIияб рахъалде кIвар кьолеб букIин. Нашидазда гъорлъе уна диниял назмаби, ВатIаналде, эбелалде рокьи загьир гьабулел асарал. Гьез инсанасул рухIияб рахъ куцала.
— Ахираб заманалда нашидал ахIулел гIемерлъун руго. Гьеб рахъалъ махщел камил гьабулищ гьез, махщелчагIи хIадур гьариялъе рес бугищ Дагъистаналда?
— Дагъистаналда, хасго магIарулазда гьоркьор мавлидал ахIулел гIадамал гIемер руго. Гьаб ахираб 10-15 соналда жаниб загьирлъана махщел бугел, ахIизе гъира бугел гIолохъаби. Гьез кьолеб пайдаги кIудияб буго. КIудиял мажлисазда, творческиял тадбиразда, диниял байрамазда цере рахъуна нашидал ахIулел чагIи. Дагъистан тун къватIибги гьеб рахъалъ республикаялъул муфтияталъ, Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствогун цадахъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго. Россиялдаго, ай Калининградалдаса бахъараб Сахалиналде щвезегIанги ниж цере рахъинчIеб шагьар батиларин абизе бегьила. Гьенив дун дандчIвана нилъер диаспорабазул вакилзабигун. Гьединал тадбираз гIадамазул рекIелъе нух батула, дин тIибитIизабиялъул рахъалъ лъикIаб хIасил кьола. БитIараб буго, нашидал ахIулел чагIи цIикIкIун руго. Дица нашидал махщалида ахIизе хIадур гьавулев вуго чанго студент. Гьезул цояв ккола МухIамад ГъазимухIамадов, Юсуп АсхIабгIалиев, «Бакълъухъ» группа.
— Гьеб рахъалъ дуца гIелмияб хIалтIудеги кIвар кьолеб букIин лъала. Жакъа дуца кIвар кьолеб нашидазулги, туркабазулги, назмабазулги тема цебе гIемер рагьараб гуро. Гьеб рагIа-ракьанде щун рагьизе, цIех-рех гьабизе ракIалда бугищ?
— Дагьаб цебегIан, ДГИялда магистратураялда цIалулаго, дипломалъулаб хIалтIи хъвана дица гьеб рухIияб къагIидаялъ шигIраби ахIиялда хурхун. Щиб кколеб «рухIияб къагIидаялъул кечI»? Диниял гIалимзабаз щиб абулеб бугеб, культурологиялъул гIалимзабаз, искусствоведаз, шагIирзабаз, философаз гьелъул хIакъалъулъ щиб абулеб бугеб? Гьелъ кинаб пайда кьолеб бугеб халкъалъе? Заралищ яги пайдайищ бугеб гьелъул абураб цIех-рех гьабуна.
Дун гIалимчи вугин абиларо, амма кIвар бугеб темалъун бихьана дида гьеб. Хьул буго хадубги рес щвелин гьеб темаялда тIад хIалтIизе.
— РухIияб тарбия кьолел асарал кин тIаса рищулел? Аслияб къагIидаялъ лъил кучIдуздаса пайда босулеб нашидал ахIулез?
— Нилъее рухIияб дунялалда мисаллъун кколев хирияв МухIаммад аварагасул (с.гI.в.) хIакъалъулъ Дагъистаналда тIоцебесеб мавлид хъварав чи вуго Миякьоса ГIумархIажияв. Гьесдаса хадуб аварагасул (с.гI.в.) хIакъалъулъ хъвана Игьалиса Чупалас, ГIахьалчIиса МуртазагIалица, Хелекьуриса ГIабдулагьица ва цогидазги. Гьез хъварал мавлидал гIадамаз цоцахъа цоцахъе кьун ахIана, гьезул пайда щвана. Аварагасул (с.гI.в.) гIумруялъул хIакъалъулъ гьедин лъазабулаан гIадамаз. Гьесул гIамалалъул берцинлъи, лъикIаб-квешаб батIа-бахъизе малъана мавлидаз. РухIияб адабияталъул ва аварагасул гIумруялда хурхарал асаразул бицунаго, шайих ЧIикIаса СагIид-апандил поэзиялъул хIакъалъулъги рехсезе ккола. Инсанасул рухIияб рахъ цебетIеялъе гьез гьабулеб асар кIудияб буго. Гьес хъвараб «Къисасул анбияъ» ва цогидал кIудиял мавлидал, тIахьал цIалун хадуб рагьана дие рухIияб рахъ, лъикIаб-квешалъул магIна. МагIарул мацIалда СагIид-апандияс хъварал асараздалъун тIибитIана гIадамазда гьоркьоб диналъул бацIцIалъиги, аварагасдаса (с.гI.в.) байбихьун жакъасеб къоялде щвезегIан диналъул берцинлъиги ритIухълъиги рагьулеб буго нилъее гьесул асараз.
— ХIамзалав, дуца рехсана Миякьоса ГIумархIажияс хъвараб тIоцебесеб мавлид. Нилъер цере рукIарал шагIирзабазда гьоркьор ругищ мавлидал, рухIиял назмаби хъварал?
— Нилъер классик Инхоса ГIалихIажияс гIемер хъвана рухIиял шигIраби. Гьесул «Мадинату Наби» абураб асар нашидазулъ гIемер ахIула. Гьединго ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсал» абураб циклалдаса асаралги руго нашидаздалъун ахIизе цIакъ лъикIал. Гьенир руго гIадамазе лъикIал малъа-хъваял. Гьединго, гьанжесеб заманалъул шагIирзабазулги гIемер руго гьединал асарал. МухIамад АхIмадовасул «ГIарафат» абураб поэма буго рухIияб тарбия кьолеб асар. Авар, гIараб ва гIурус мацIазда хъвараб гьеб поэма цо тIехьалде дандеги гьабун къватIибе биччана Дагъистаналъул муфтияталъ. КIуядаса МухIамад ХIасановасул руго рухIияб тарбия кьолел кучIдул. ТIоцебесеб дица ахIана гьесул «Рогьалилъ ахIулеб будунасул как» абурал рагIабаздалъун нашид. Залму Батировалъул, ЖабрагIил ХIасановасул, МухIамад ХIамзаевасул, МухIамадрасул ГIумаровасул руго диниял, рухIиял кучIдул.
— ХIамзалав, дуцаго хIалбихьанищ нашидалъе рагIаби хъвазе?
— ШагIирзабиги цере тун дица нашидазе рагIаби хъваларо. Щивав чиясул жиндирго махщел букIуна, гьеб рахъалде кIвар кьуни лъикIги букIуна.
— Жакъа гIемерисел артистаз нашидал ахIулел руго гIараб мацIалда. ГIемерисезда гьезул магIнаги бичIчIуларо. Гьез инсанасул рухIияб рахъалъе кьолеб пайда щиб бугеб?
— ГIемерисез кьола гьеб суал. Нилъер гIадамазе рокьула гIараб мацIалда ахIулел нашидал, щайгурелъул Къуръан рещтIана гIараб мацIалда, нилъер авараг МухIамад (с.гI.в.) вукIана гIарабияв. Дагъистаналдаги ругелъул доб заманалда нилъехъе дин босун рачIарал гIарабиязул, къурайшиязул тухумалъул гIадамазул наслаби. ГIараб мацI нилъер бидулъ буго. Гьелъ буго гьеб нилъее хириябги. ГIараб мацI гуребги, авар мацIалда ахIулелги гIемер руго нашидал. Нилъее лъикIаб, рухIияб рахъалъе лъикIаб жо щиб мацIалда ахIаниги, гьелъ нилъее пайда гуреб жо гьабуларо. Рахьдал мацIалда ахIулеб бугони жеги лъикIги букIинарищха гIенеккарасда нашидалъун тIубанго магIна бичIчIизе. Щивав чиясул лъаялъул даражаялда, бичIчIиялда бараб букIуна гьеб.
— Дагъистан буго гIемермиллатазулаб республика. Гьел миллатазда гьоркьоблъи лъикI гьаби гьеб буго киналго гIуцIабазул аслияб масъала. Гьеб ишалда гьоркьоб нашидазул хасаб бакI буго гьудуллъи щула гьаби. Нашидаздалъун миллатазда гьоркьоб рекъелгун гьудуллъи щула гьабизе бажарулищ?
— Аслияб кIварлъун ккола нилъ цолъи. Цолъула диналда сверухъ, Аллагь цо вукIиналде ахIиялъулъ, диниял байрамазда жамагIат, миллат, халкъ батIа гьабичIого цолъун, гъункун рукIуна. РухIиял тадбиразда цере рахъуна батIи-батIиял миллатазул культураялъул церехъаби. Жидерго яги цоцазул миллияб мацIалда нашидал ахIула. Гьединал тадбираз цолъизарула бусурбаби. Цогидал диназул церехъабиги рачIуна гьединал тадбиразде. Гъоздаги бихьула нашидаздалъун, церерахъиназдалъун нилъер диналъул берцинлъи, миллатазул цолъи. РухIиял тадбиразул мурадазул цояблъун ккола цолъи.
П. СултIанова
