Хъвадарухъанасул гIумруялъул нилъеда лъаларел рахъал

Исана 130 сон тIубана магIарул хъвадарухъан, Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъа Асадулагь МухIамаев гьавуралдаса. Асадулагьил цIар бахъарабго, дида цебе бачIуна гьитIинав Чаландарил сипат. «Чаландарил сапар» — гьеб букIана доб заманалда диеги дир кьерилазеги цIакъго цIакъ бокьулеб асар. Бокьулеб, хIикматго берцинаб, гIадатияв цIалдолесул ургьибе биун тIураб гьеб асаралъ асар гьабичIев цIалдолев вукIунги ватиларо.  ГIайиб гурищха, гьеб асар гьечIо гьанже школалъул программаялда. Гьединго школалдаго цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабураб хъвадарухъанасул асар ккола «МагIарулайги». Гьенибги — добго гIадатлъи, бокьараб ригьалъул цIалдолесда бичIчIулеб къагIидаялда хъвараб. Хъвадарухъан гьавуралдаса 130 сон тIубаялде макъала хIадурулаго, дида батана 2009 соналъул «ХIакъикъат» журналалда бахъараб Шамсигат СултIанбеговалъул макъала. Гьеб бугоан гьелъ Асадулагьил яс ПатIиматилгун гьабураб гара-чIвари. РакIалде ккана, къокъ гьабун, гьеб гара-чIвари цоги нухалда газеталда кьезе.

Шамай Хъазанбиева

— Асадулагь кин Турциялде ккарав?

— Гьесда гIемер рагIулеб букIана рокъоб Турциялде гочараб жиндирго гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьес 12 сон бараб мехалъ, росулъе вачIун вукIун вуго Турциялда вукIарав имгIал. Гьесухъ гIенеккарав Асадулагьилги анищ бижула имгIалас бицунеб ракь бихьизе. ИмгIал вачIун вукIуна росулъ бугеб жиндирго хъизам Турциялде бачине. Асадулагь, лъидаго лъачIаго, имгIаласда цадахъ Турциялде лъутизе къачIала, ва гьев имгIаласул гьакида хадув къокъуна. СапарчагIазда лъалеб букIунаро жидер лъалкIда хадув, лъилго берчIваларедухъ, гьитIинав чи Асадулагь вачIунев вукIин. Анжиялда гьал гамиде рахуна. Жиндирго анищалъ цеве вачунев вугев вас гамидеги вахуна ва лъидаго вихьичIого ворчIула. Стамбулалде щвезегIан, имгIаласда Асадулагь цадахъ вугевлъицин лъаларо. Гамидаса гъоркье лъугьунеб имгIаласул хъизамалде аскIове гьев вачIиндал, киналго тамашалъун хутIула… Гьелдаса нахъе Асадулагь Турциялда имгIаласда аскIов вукIуна. Асадулагьица щвараб лъаялда гIей гьабуларо. Гьес лъугIизабула Сириялда, Салимиялъул школалда адабияталъул факультет. ЦIалула Египеталда, Каиралъул университеталда. Хадув уна Европаялде, хьвадула Парижалъул университеталде, лекциязухъ гIенеккизе.

— Кинха гьев цIидасан Дагъистаналде тIадвуссарав?

— Нижер росулъа Халит абулев чи унтун вуго Турциялда. ХIукму ккун буго гьев Дагъистаналде нухарегIизе ва гьесда цадахъ дир эменги витIизе. Гьедин ккола гьев цIидасанги Дагъистаналде.

— Гьев Дагъистаналдаго чIеялъе гIилла щиб ккараб?

— Гьев гьаниве щвараб заман Россиялда хIуригат бахъараб, Дагъистаналдаги багъа-бачари бугеб заман букIуна. Гьедин тIадвуссун бажарун гьечIо гьесухъа. Ячуна гьесие росулъаго чIужу, ай, дир эбел. Гьелъул букIун буго гIицIго 14 сон. Бечедаб лъаялъул нахърателги босун, чIужу-хъизангун Темир-хан-Шураве гочуна эмен. Дагъистаналдаги гьес лъугIизарун руго педагогикиял курсал. ЦIалун вуго бухгалтерлъунги. 1913 соналда гьев хIалтIизе лъугьуна МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялде наборщиклъун ва квералъ тIахьал хъвалев чилъун. Гьесда лъикI лъалаан гIараб, перс, турк, лъарагI, магIарул ва гIурус мацIал.

— Хадуб, дур эбел-инсуца батIа-батIаго гIумру гьабиялъе гIилла щиб ккараб?

— Эбел, зама-заманалдасан лъималги рачун, росулъе уней йикIун йиго. Гьелъие хирияб букIана хур-хералъул, ракьул хIалтIи. Гьеб инсуе рекIее гIолеб букIун гьечIо. Гьелде тIадеги гьудулзабаз кеп-ихтилаталдеги ахIулев вукIун вуго гьев. Цо гьединаб данделъиялда лъай-хъвай ккун буго пачаясул офицерасул йикIарай Халимбегаулалдаса гIаданалъулгун… Гьеб хабар щун буго дир эбелалъухъеги. Гьедин ратIалъунги руго гьел. Эбел чIухIарай гIадан йикIана. ТIокIалъ жий гьение инарилан чIун йиго гьей.

— Нужер хъизамалда чан лъимер букIараб?

— Щуго лъимералъул дунги дидаса кIудияй яц Сакинатги гурони, нахъе хутIун гьечIо. Дида тIоцеве эмен вихьана кIудияй яц хвелалде цеве. Эбелги яцги эхере унел рукIана. Гьез дунги ячана цадахъ. Гьеб букIана дун школалде ячиналде цебесеб сон. Анжиялде щвараб мехалъ, дида яцалъ вихьизавуна хъахIаб костюмги ретIарав цо къамартIав чи ва абуна, гъоле нилъер эменилан. Нижеда данде вачIана гьев…

— Мун инсуда аскIой шагьаралдайищ яги росулъ эбелалда аскIойищ гIурай?

— Яц Сакинат хвараб мехалда, унтун лъугьана дир эбел. Сакинатги юкъун, эхеве унев инсуца дун цадахъ ячана. Дун инсуда аскIой Анжиялда йикIана. Бесдал эбелалъулги лъимал рукIинчIелъул, гьелъиеги бокьун букIана дун жиндирго яслъун йикIине. Гьелда цIарги букIана ПатIимат. ЛъагIелгIан заманалъ инсудаги бесдал эбелалдаги аскIой йикIана. Ахир-къадги лъана дида эбел захIматго унтун йикIин — бесдал эбелалъ цоги гIаданалда бицунаго, дидаги рагIана. Дица инсуда гьарана дун эбелалъухъе йиччайилан. Гьей дида цIакъ унтун ятана. Гьелде тIадеги гьелъ хьихьун букIана хварай яцалъул кIиябго лъимерги. Ва дун тIокIай эбелалда аскIоса кьуричIо. Заманго балалде, эбел хвана. Гьей юкъана яцалда аскIой. Инсуца дун цIидасан шагьаралде ячана.

— Эмен магIарул газеталда хIал­тIулеб заман ракIалда бугищ дуда?

— Дир цIакъ гъира букIунаан инсухъе хIалтIуде ине. Дида ракIалда буго — МухIамад Байсунгъуров вачIунаан инсухъе хIалтIул къо лъугIун хадув. Дие цIакъ бокьулаан жиндирго яс ПатIиматгун цадахъ гьев вачIине ( ПатIимат Рамазанова, магIарул радиоялъул диктор). Гьей йикIана цIакъ гIамал рекъарай, берцинай яс. РачIунаан Шамхалов МухIамад, Хачалов ГIабдулмажид, Темирхан ХIамидов.

— Эмен рокъов гIемер хIалтIу­ла­анищ?

— Сордоялъги хIалтIулаан гьев. Рогьалилъ вегулаан. ГьатIан къоязгицин хIалтIулаан. ГIемер хъвадарулаан. Хадуб гьес босана машинка ва гьелда нахъа гIодой чIезаюна дун. Ва гьелдаса нахъе къаси-къад чIечIого дида тIадаб букIана гьес хъварабщинаб жо кьаби.

— Турциялда гIурав, Исламияб институт лъугIарав чи вукIиндал, как-диналдехун кинаб бербалагьи букIараб инсул?

— Доб заман гьединал чагIазе цIакъ тату бахъараб заман букIана. Гьесдаги лъикI бичIчIулеб букIун батиларищха жинда хадуб халкквей букIин. Дида гьес как балеб бихьун букIинчIо цониги нухалъ. Цо сордоялъ макьу щоларого йигей дун, лъим гьекъезе тIаде яхъана. Инсул рокъобе нуцIа рагьахъего бугоан. НуцIихъан как балев вугев инсуда бер речIчIана дир. Гьелъ дун цIакъ гIажаиблъизе гьаюна. Амма гьесда гьеб цIехезе дир таваккал гIечIо. Дир хIисабалда, дидацин гьеб бицине ва бихьизабизе хIинкъи бугеблъун рикIкIун батизе ккола гьес.

— КъватIисеб улкаялда тарбия-лъай щварав, гьенир гIага-бо­жарал, лъай-хъвай хутIарав гьесда хадуб халкквей гьабичIого толеб букIун батиларо?

— Инсуе бокьулаан гIараб мацIалда передачабазухъ гIенеккизе. Египеталъул бетIер Насирихъ гIенеккизе бокьулаан цIакъго. Рокьулаан музыкалиял передачабиги. Дида ккола гьел кучIдуз пикрабалъ гьев гIолохъанал сонал арал улкабазде вачунев вукIун ватилилан. Дида лъан, хадуб халкквей букIун гурого, гьев дове-гьаниве ахIун, рахIатхвеял рукIинчIо. Амма лъеберабилел соназ рукIун ругоха, рокъореги кIанцIун, эмен лъукъарал лъугьа-бахъиналги. Гьоркьо-гьоркьоб гьелъул бицунеб рагIи гурони, гьадин кканин, гьадинал квекIенал рукIанин гьес дида бицинчIо.

— Асадулагь хвана рекIел унтиялъ. Гьелъие гIилла букIанищ?

— Чанги жо хIехьезе, жаниб лъун хIебтIизе ккарав чи вукIана эмен. Бищунго захIмат букIана гьесие кIийиде викьизе ккей. Масала, хварай яцалъул вас росулъ къватIахъги тун, дир ракI лъикI букIинчIо. Дица гьев вачана дихъего. Гьеб расги рекIее гIечIо бесдал эбелалъе. Гьеб сабаблъун эменги гьейги рагъизе ккана. Хадур кигIанго рекъо-решон ругин кканиги, бесдал эбелалъе къабуллъичIо дир яцалъул вас. Гьелдаса нахъе инсул рекIел гIунгутIаби ракканин тола дица.

— Асадулагьил квералъ хъварал хIалтIаби ва библиотека цIунун хутIун гьечIо. Кибе гьеб араб?

— Гьеб букIуна дида рекIеда захIмалъун. Гьесул васигат нижехъе щвезе течIо. Инфаркт ккаралдаса инсуца лъагIел гурони бачIо. Гьелдаса хадубги дунги херайги цадахъ гIумру гьабунги рукIана, инсул хабаде рахинеги цадахъ унаан. Заманго иналде, бесдал эбелги унтана. Гьеб мехалъ багъа-бачари байбихьана гьелъул гIагарлъиялда гьоркьоб. Гьелъул яцалъ рагьун лъазабуна дида жидее яцалда хадуб хъулухъ гьабизе квалквал гьабугейилан. БитIараб бицани, дие гьеб рекIее гIечIо, гьелъие щиб букIаниги лъугьани, диде балиланцин ккана. Бесдал эбелалъе рекIее гIолеб букIинчIо, жийги чIаго йикIаго, жиндир магIишаталъул хважаинзабилъун гьез жалго рикIкIин. Гьей хун анцIго къо бан хадуб, дун, имгIал хун вугилан къваридаб хабарги бачIун, росулъе ине ккана. Гьениб анкьги хадубги бан батила, тIадюссун ячIарай дие рокъобе нух щвечIо. НуцIа рахан бугоан, кIулалги рахан ругоан. Дида бицана гьенив рукъалъ цо студент тун вугилан. Къаси гьение щведал, гьесги нуцIа рагьичIо. Кинги гьение лъугьиндал, дун цIорон хутIана, гьениса кинабго къайи-къоно нахъе ун бугоан, библиотекаялъулги хутIараб жого гьечIоан. РатичIо инсул квералъ хъварал, гьес руссинарурал тIахьал, жеги печаталъ кьабичIел хъвай-хъвагIаял, кагътал… Бокьа-бокьарав чи виччалев библиотека букIинчIо инсул. Дида ракIалде ккола гьелъул интерес бугел, гьелъул магIна бичIчIулел, цIарккун рехсечIониги, цо-цо гIалимзабазул хIалтIи бугин гьениса тIахьал тIагIинариялъул ишилан. Гьел гьениреги риччалаан, кинал тIахьал, кинал хъвай-хъвагIаял гьенир ругелали гьезда дидасаги лъикIги лъалаан. Гьанже гьел я дихъе щвечIо, я цогидаб бакIалъан къватIире раккичIо. Заманалдасан гьез жидерго цIарги гъоркь хъван, гьесул хъвай-хъвагIаял къватIире рачIани, дун тамашалъиларо.