Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамад ГIабасовас – 60 сон Авар миллаталъул кочIолаб гъасда къадруялъ борхараб тах дурги буго. Намусалъ угьараб, яхIалъ бекIкIараб, хIурмат тIадегIанаб, тIокIлъи босараб. МухIамад ГIабасов, халкъияв артист, хутIила дур кечIги халкъалъе даим. МагIарул кечIалъул къимат цIунарав, къиматалда вуго магIарулазе. Бицана дур кечIалъ магIарул тарих, магIалгIан къвакIарал магIарулазул. ГIагарал мугIрузе ахIана дуца. АхIи бана...



