«ЧIагояб классикаялъ» цIидасанги ахIулел руго ХIурматиял газеталъул гьудулзаби! Гьале кIиабилеб нухалдаги нуж ахIулел руго «ЧIагояб классикаялъ». Гьаб нухалда тадбир сайгъат гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй поэт, исана жий гьаюралдаса 90 сон тIубалей Фазу ГIалиевалъе — исанасеб сонги лъазабун бугелъулха шагIиралъул лъагIеллъун. Конкурс тIобитIулеб буго гьал хадусел номинациязда: 1) Фазул проза ракIалдасан цIали. 2) ШагIиралъул...

