ЖАКЪАГИ ДУР ТIАХЬАЛ РУГО ЦIЕХОЛЕЛ Муса МухIамадов ракIалде щвезавиялъул къо тIобитIана Гьандихъ

 

     МагIарулазул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадов хваралдаса 28 февралалда тIубана 24 сон. Исанасеб сон ккола гьесул юбилеялъулаб лъагIеллъунги. МагIарулазул гьунар тIокIав классик гьавуралдаса исана тIубала 95 сон.

 

    Гьелъие байбихьи лъураб гьитIинабго тадбир тIобитIана, 1 марталда хъвадарухъанасул ватIаналда — Шамил районалъул Гьандихъ росулъ.

     Кинав чи Муса вукIаравали магIараулазе хас гьабун жакъа бицине ккеларо. ТIубараб гIумруялъ гьес хъварал, бечедаб, пасихIаб мацIалъул асаразда гъоркь гIуна чанго батIияб гIел. Цоцахъе кьун цIалулел рукIарал Мусал гIемерисел тIахьал жакъа кодоре щолелцин гьечIо. Амма гьесул цIарги, гIалам бахил гьабураб гьунарги хутIана нахъе.

 

     Къисабигун харбал хъвазе кутакаб гьунар гуребги, гьел асарал цIаларал гIадамал гIаммаб пикруялъ гIагар гьаризеги, гьезие живго вокьизавизеги кIванин Мусадаян абуна, гьесул цIаралда бугеб музейги гIуцIарав, гьесул цIаралда бугеб школалъе нухмалъиги гьабулев МухIамад Гъазалиевас.

     — КIиго чияс машгьур гьабуна нилъер Гьандихъ росу. ТIарикъаталъул устар ХIумайд афандиясги, 70-гIанасеб прозаялъул тIехь хъварав Муса МухIамадовасги. Гьев гIадин ракI батун, кIвахI тун хъвадарулев чиго вукIанадай нилъер хъвадарухъабазда гьоркьовилан ккола дида. 71 сон бараб мехалда ана гьев гьаб дунялалдаса. Жакъа гьесул кьералъул цо-цо гIадамал чIаго руго. Муса хехго ана. Ана бугеб рухIги жанги кьун бокьулеб иш, адабият цебетIезабизе бахъараб жигаралъ, жиндирго сахлъиялда барахщичIого гIемер хIалтIулев вукIиналъ. Гьединал гIадамал къанагIат гурого рукIунаро, — ян абуна М. Гъазалиевас.

     КIудияб адабалда гьеб къоялъ ракIалде щвезавуна кIиго моцIалъ цеве нилъедаса ватIалъарав Мусалги Фазулги вас МухIамад (МахIач) МухIамадовги. Гьунар бугев литератор, таржамачи, цIакъ гIамал берцинав инсан вукIанин гьевилан бицана М. Гъазалиевас.

     Гьандихъ тIобитIараб тадбиралда школалъул цIалдохъабаз цIалана Мусал асаралдаса цо-цо кескал, рикIкIана гIолохъанлъуда гьес хъварал кучIдул.

     МагIарулазул машгьурав хъвадарухъанас 95 сон тIубаялда хурхун кIудияб тадбир тIобитIизе буго исана риидал Гьандихъ. Аллагьас хъван батани, гьелда гIахьаллъи гьабизе буго «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазги.

 А. ЮСУПОВ