Новость на родном

Балагьал къояз къвал баниги, къвакIун чIана ПатIимат

     Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялъе сайгъат гьабун къватIибе биччараб «ХIакъикъат» казияталъул номералда «Чаранги хIулиги цохIого рекIелъ» абураб бетIералда гъоркь бахъараб макъа- лаялда бицунеб буго мугIрузда гIурал гIемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батулеб къвакIиялъулги, къо хIехьеялъулги, гьелдаго цадахъ ракI биунеб недегьлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьединалго рагIабазе мустахIикъай гIадан йиго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъа Баширова ПатIиматги.   Щуго сон...

Новость на родном

Чаранги хIулиги цохIого рекIелъ

БетIергьанас кинабго Бижун бугеб камилго  — Мунги, дунги, дунялги,  Зобги ракьги, рокьиги. Расул ХIАМЗАТОВ       МугIрузда гIурал гIемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батула лъадарараб чаранги, ракI биунеб недегьлъиги. Жидеда бихьулеб къоялъул пикру гьабичIого, бихьинчиясул къадру борхизабулеб, цо батIияб пахрулъиги букIуна гьезулъ. Мисалалъе букIине гьаниб бицина Шамил районалъул ГьентIа росулъ ккараб гьитIинабго лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ.  ...

Новость на родном

ХIалтIуца малъун, ригьалъ бицун

      Хунзахъ районалъул ГIоротIа росулъа ГIиса Жамалудинов гIемерал соназ хIалтIана машинаби къачIалеб заводалда токарьлъун. ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго машинабазе хъулухъ гьабулеб станциялда. Гьениб ккана нижер гьесулгун гара- чIвариги.     — ГIиса, мун вугоха гильзаби ва блокал къачIалев чи.      — Машинаялъ нах бухIизе лъугьа­раб, моторалъул блок жагъаллъараб заманалда, дица цогидал роцабазул гильзабазда рекъезабун къачIала,...

Новость на родном

Рагъулаб тун батIияб иш тIаса бищилароан

        Анварбег Асилдаровасулгун гара-чIвари гьабизе уней йигин абидал, гьесул ракьцояс бицана нахъаса вахъине цIайи бугев чи вукIаравани, Чабанмахьи бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло гьесие Россиялъул БахIарчиясул цIар кьолаанин. Гьелъул хIакъалъулъ Анварбегида бицен гьабидал, гьедин ккея­лъулъги цо сабаб батилин жаваб кьуна гьес. Хадубго тIадеги жубана, нахъа къуват гьечIогоги жив гьечIила -Аллагь вугила жинда нахъа. 1999 соналда бихьизабураб...

Новость на родном

Инсул анищаз куркьбал гъурай

1993 соналда къватIисел улкабазул мацIал ва маданият лъазабиялъул мурадалда республикаялдаса чанго студент витIун вукIана Египеталде. Гьезда гьоркьой йикIана ЛъаратIаса Марям ГIабдулкъадироваги. Гьезул къисмат батIи-батIияб ккана. Марямидайин абуни жиндирго къисмат Каиралда батана. КъватIисеб улкаялда 28 соналъ гIумру гьабулеб бугониги, магIарул ясалда кIвана умумузул мацIги, маданияталде рокьиги, гIадат-гIамалги цIунизе. Нилъерго ватIаналдацин рахьдал мацI цIунизе захIмалъулеб заманалда къватIисел...

Новость на родном

МагIарул кочIол куркьбал хIулизе гьечIо

2020 соналда Халкъазда гьоркьосел адабияталъул центразул ва ассоциациязул жюриялъ жидер творчествоялъул цIех-рех гьабурал хъвадарухъабазегун шагIирзабазе шапакъатал кьуна 2021 соналъул байбихьуда.    Халкъазда гьоркьосеб адабияталъул премиялъул лауреатазда гьоркьой йиго ДРялъул халкъияй шагIир Баху-Меседу Расуловаги.   Баху-Меседу Расулова ккола А. С. Грибоедовасул цIаралда бугеб ТIолгороссиялъул литературияб премиялъул лауреатлъунги. Гьей мустахIикълъана «Россиялъул литератураялъулъ лъураб бутIаялъе гIоло» медалалъе, Волоколамск...

Новость на родном

Спортсменги жамагIатчиги

ЦIияб соналда цересел къоязда редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIана Ихаку ХIайдарбегов.   Гугарухъан хIисабалда советияб заманалда цIар рагIарав гьесие рес ккечIо Олимпиялъул хIаязул чемпионлъун вахъине (гьелъие гIезегIан ресалги бажариги букIаниги).   Спортсменасул къисмат батIайиса ккана. Гьес хIалбихьана тренер­лъиялъулги, бизнесалъулги, жамгIияб хIалтIулги. 1985 cоналдаса нахъе Ихаку ХIайдарбегов Москваялда гIумру гьабун вуго. Гьелде щвезегIан гьев Германиялда, нилъер солдатал...

Новость на родном

«Умумузул тарих магIарул мацIалда цIализе лъазе ккола…»

Бицун рагIун гуреб, бихьун лъарасда гурони бичIчIуларо казият биччаялъул хIалтIи, дандчIвалел захIмалъаби. Чангияз, бигьаяб ишин гьабизе байбихьун, хIал кIвечIого, рехунги тана гьеб. Мисалал гIемер руго.   Диналъе эркенлъи кьураб 1990 соналда, цIад бан хадуб гIурдахIаналгIанги гIемерлъана ритIухълъиян ахIулел, динияб темаялда гIуцIарал казиятал. Гьезул гIемерисезул гIумруги къокъаб батана. МоцIида жаниб цо нухалъ, гIурусгун магIарул мацIазда къватIибе бачIунеб,...

Новость на родном

«Авар мацI лъангутIи ками буго дий»

Амина Шахтаманова:   Цебе гьунар бугев чи редакциялъе тIатунаан газеталда рахъизе гьез рачIарал асараздасан. Гьанже гьел гIемериселго рагьула жамгIиял гьиназул гIатIилъухъ. Гьениб бигьаго букIуна ватIавахъизе гIакъилабги гьодорабги рагIул чи.   Фейсбукалъ тIатинаюна нижее, Дагъистаналъул адабияталда машгьураб фамилиялъул яс, Амина Шахтаманова. КучIдулги, ритIухълъи цIехолел жиндирго бегIерал пикрабиги, жакъасеб къоялъул захIмалъабиги Аминаца рагьула гIурус мацIалда. ГIумархIажи Шахтамановасул...

Новость на родном

РакIалдещвеязул чIинкIиллъиялда

Намусалъул сивуний сси бугей магIарулай   МугIрул чIужугIадан! Дур бицун свакалей гьечIо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагIабигицин ратуларого йикIуна. ГIагарал мугIрузул тIогьазда ду­цаго дуего бараб намусалъул сиву­ний гIодойги чIун, хIайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ.   Роол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичIо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. КочIолъги ахIараб дур берцинлъиялъул,...