Исана январь моцIалда 105 сон тIубала физикиялгун математикиял гIелмабазул кандидат, философиял гIелмабазул доктор Халил МухIамадович ФатагIалиев гьавуралдаса. Х. М. ФатагIалиев гьавуна 1915 соналъул 21 январалда Гъуниб районалъул Кудалиб росулъ. Гьесул эмен МухIамад вукIун вуго жиндир заманалда рекъон гIезегIан бажари-лъай ва гIараб цIали бугев, наибасул мирзалъун хIалтIулев чи.1924 соналда Халил ун вуго гIагараб росдал байбихьул школалда...
