ПатIиматил талихI

МагIарулазул тарихалъулъ, маданияталъулъ ва адабияталъулъ гIураб бакI ккун буго чIужугIаданалъул хIакъалъулъ хIеренго хъварал асараз. ГIумруялъго жал мисаллъун хутIарал, жакъаги жидерго берцинаб гIамал-хасиятгун хьвадулел руччаби дагьал гьечIо.

Гьединазул цояй ккола Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ гIумру гьабун йигей Инхокъвариса АхIмадудинил яс ПатIиматги.
ГьечIо гьелъул каранда рарал орденал, медалал, кьурал тIадегIанал цIарал, гьей йиго гIицIго гIадатияй эбел. Бищун кIудияб талихIлъун гьелъ рикIкIуна жиндирго лъимал битIараб, гIадамазе пайдаяб нухдасан ине куцазе бажари.
Лъимерлъудаса нахъего ПатIи­матица баччизе ккана чIахIия­зе­цин борхизе захIматаб къварилъиялъул гьир.
— «Энкеведешникалин» абулел чагIаз дир эменги кIудадаги сардилъ рачун ана, — ян къваридго ра­кIалде щвезабуна ПатIиматица. – Ана, кире арал лъачIого тIагIана.
1944 соналъул цIорораб февраль моцIалъул къояз, хIал гьабун, магIарухъа гочинаруна чачаназул Ведено районалде. Анкьго сон барай ПатIимат хIамил кьолода цее, нахъа гьитIинав вац ХIамзатги лъун рахъана сапаралде.
— ГIемерал нижер росуцоязе къадар щвана доб заманалда Чачаналда. Рагъ лъугIун хадусел сонал рукIана цIакъго захIматал. Жидерго гIумру гьабулеб аслияб бакI хисиялъги батилаха, батIи-батIиял унтаби раккана, ракъун хутIана. ЧIахI бакIарулаан, мичIчI бетIизе унаан. Гьебги белъун, чурпа гIадаб жо гьабун кваналаан рухI хвасарлъиялъе.
1957 соналда, гьанжего гьанже гIумру-яшав рукIалиде буссиндал, жидерго бакIазде тIадруссана чачанал. Гьенисаги гочинарун цIидасан базе ккана Октябрьское абун цIар кьураб росу…
АхIмадудинил ПатIимат гIадал бахIарчиял улбузул хIакъалъулъ бицен чанго рагIудалъун лъугIулеб хабар гуро. Гьединлъидал дицаги дагьаб гIатIидго бицина росуцоя­лъул хIакъалъулъ.
Ведено районалъул Акнада ро­сулъ анкьго класс лъугIарал гIелбащадалгун цадахъ, доб заманалда ясазе хас гьабун Ведено райцентралда рагьараб интернаталде ана ПатIимат цIализе. Ясазул интернат букIана Шамилил тахшагьар букIанилан абулеб, сверун ганчIил борхатаб сангар бараб бакIалда. Гьениб ичIго гурони класс лъугIизабизе течIо эбелалъ, ПатIимат ригьнаде кьуна. Рос МухIамадгун цадахъ гочана Октябрьскоеялде. ПатIиматил эбел Хадижат, росуцоялгун цадахъ, магIарухъе тIад юссана. ГIа­тIи­ракьалда гочарин свакарал инхокъварисезул хIукму ккана анкь­умумузул ракьалде нахъ руссине.
ГIемераб гIакъуба бихьана гIа­тIиракьалде гочаразда гьениб яшав гIуцIизе, хьуцIал ругел авлахъазда ах-хур гIезабизе. ГIемеразул сахлъи загIиплъана.
Гьелда бихьичIеб гIакъубаго хутIун батиларо. Жеги рогьел балелде щвезе кколаан, росдадаса анлъго-анкьго километралъ рикIкIад бугеб фермаялде. Радалги къасиги 15-20 гIака бечIчIун, бачазе хъулухъ гьабун рокъое щведал, лъимал-хъизам, жиндирго магIишат нухда бачинеги бигьаго букIинчIо. Амма гIадада ккечIо ПатIиматил захIмат, эбел-эмен разиял, гIадамазе пайдаял, сундулъго бажари бугел рахъана гьелъул киналго лъимал.
— Кутакалда талихIай эбеллъун рикIкIуна дица дунго, — ян абула ПатIиматица.
ТIокIабги кIудияб рекIее па­ра­ха­лъи ва рохел кинабха къваригIинеб чIу­жугIаданалъе.