Баркалаялъул кагъат

Херазул тIалабалда

 

ГIабдурахIманова Равзат ккола Гъуниб районалъул КIогьориб росулъа. 1987 соналдаса нахъе, ригьнаде аралдаса, гIумру гьабун йиго Гъуниб росулъ.
1996 соналдаса нахъе гьей хIал­тIулей йиго Гъуниб КЦСОНалда. Гьей йиго мисалияй хIалтIухъан. Жиндир тIалаб-агъазалда ругел херал гIадамазе гьелъ кIудияб кумекги гьабула, тIадаб ишги ракIбацIцIадго тIубазабула. Къо­йилго щола гьей жиндаго хадур рухьинарурал херазухъе.
Аллагьасул рахъалдасан кириги бугеб, гIадамалги разияб хIалтIи тIубазабулей Равзатие гьарула кинабго лъикIабщинаб.