Исана гIахьаллъана анлъго пачалихъалъул басмаханаби ГIахьаллъана гьенир Россиялъул регионазул ва Дагъистаналъул басмаханабиги. Лъабго къоялъ тIоритIана шагIирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун дандчIваял, гургинал столал, миллияб адабият цебетIеялъе къваригIунел шартIазул бицарал конференциял. Ярмаркаялда цебебахъана Кабардино-Балкариялъул фольклорияб ансамбльги. Гьелъ рихьизаруна Россиялъул халкъазул кьурдаби, гьелъул гIахьалчагIаз цIалана Дагъистаналъул шагIирзабазул кучIдул. Жидерго цIиял тIахьалгун цIалдолезда церерахъана ярмаркаялъул гьалбал-хъвадарухъаби. Абизе бегьула, тIахьазул байрамалъул...
